Аслияб гьумералде

Гьекъолеб жо тIибитIи...

Гьекъолеб жо тIибитIи...

Жакъа мехтел кутакалда тIибитIун буго. Тукабазда гьекъолеб жоялъе хIадурун букIуна цо хасаб бакI, киса-кибего руго гьекъолеб жоялъул рекламаби. Гьеб нажас гьекъезе гIуцIарал хасал бакIалги руго. Гьекъолеб жо гьарулел заводалги къойидаса-къойиде цIикIкIун гурого дагьлъулел гьечIо.

Нилъеда киназдаго лъала мехтелалъ инсанасе кьолеб квешаб асар. Нилъее зарал кколебщиналдаса шаргIалъ нилъ цIунула. Гьединлъидал мехтелги гьукъун буго. Кинниги чанги руго нилъер диналъул вацал ва хIатта яцалцин гьеб квешаб иш тезе захIмалъарал.

Абугьурайратица бицана аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан буго мехтел гьекъей тIибитIи», - ян. (Муслим)

Мехтел тIибитIараб гIечIого руго цо-цоял гьеб гьекъей хIарамаб гьечIин абулелги. БатIи-батIиял цIаралги гьекъолеб жоялъе кьун, бусурбаби къосинаризе хIаракат бахъулеб буго.

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Дир умматалъул къокъаялъ мехтелалъе батIияб цIарги кьун гьеб бегьизабизе буго», - ян. (АхIмад, ибн Мажагь)

ГIарабазул бечедал улкабазда гIадатцин билълъун буго мехтелалда «Алмашрубат АррухIия» абулеб, ай «РухIияб гьекъолеб жо» абун. Аварагасул ﷺ хIадисалда бугеб «Бегьизабулин» абураб рагIиялъе гIалимзабаз кIиго батIияб магIна гьабуна. ТIоцебесеб, гIадамаз унго-унгоги абизе буго гьеб бегьулин гьекъезеян. КIиабилеб, гIадамаз гIемер ва кибго гьеб гьекъеялъ гьезухъ балагьаразда ракIалде ккезе буго, гьез гьеб хIалал гьабун бугин абун.

ГIажаибаб жо гьечIищ, жакъа Дагъистаналъул диниял росабалъцин гьекъолеб жоги столалда лъун гьарула бертаби. Гьелдасаги гIажаибаб буго, лъун ботIрода такъиягун, сверулаго чIумалгун гьединал бертабалъе ине нахъе къаларел нилъ!? Гьел бертабалъ рукIунел гIисинал лъималазда ракIалде ккеларищ чIахIияз гьабулеб битIараб бугин. Цинги гьел кIудиял гIедал ва чIахIиязухъ гIинтIамулареб мехалъ бухула керен, бачIунеб гIел квешаб бугиланги абун. Квешал руго нилъ, жакъа гьединаб мисал лъималазда бихьизабулел.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...