Аслияб гьумералде

ХIакъирлъи, пучлъи ва рогьо бай гIемерлъи

ХIакъирлъи, пучлъи ва рогьо бай гIемерлъи

ХIакъирлъи, пучлъи ва рогьо бай гIемерлъи

ГIаишатидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Гьаб умматалъул ахиралда хIакъирлъи, пучлъи ва рогьо бай цIикIкIине буго», - ян.

Цинги ГIаишатица гьикъана: «Я, Бичасул авараг, нижеда гьоркьор рацIцIадал, лъикIал гIадамал ругонигийищ ниж гьалаглъизе ругел?» - илан. Гьес ﷺ абуна: «КъабихIлъи загьирлъидал киналго гьалаглъизе руго», - ян. (Тирмизи)

Гьеб хIадис рагIидал черхалда сири бала. Халгьабе, нилъеда гьоркьор гIалимзаби, вализаби ругониги нилъедаса мунагьал ва къабихIал ишал загьирлъани, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ гьалаг гьаризе руго.

Ибн МасгIудидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялда цебе хIакъирлъи, пучлъи ва рогьо бай гIемерлъизе буго», - ян. (Ибн Мажагь)

ГIимран ибн ХIусейница бицана аварагас ﷺ абунин: «Гьаб умматалда гьоркьоб къабихIлъи ва рогьо бай букIине буго», - ян. Цинги цояс гьикъана: «Я, Бичасул авараг, кида гьеб лъигьине бугеб?» - илан. Аварагас ﷺ абуна: «КочIохъаби раккидал, кечI-бакъан тIибитIидал ва мехтел гьекъей гIемерлъидал», - абун. (Тирмизи)

Жакъа нилъеда бихьула бусурбабазда гьоркьоб чороклъи, къабихIлъи цIикIкIунеб букIин. Капурзабазда релълъенлъи гьабиги гIемерлъун буго, хIатта киданиги бихьичIеб, бусурбабазулин абун цIар бугеб улкаялда исана капурзабазул байрамцин кIодо гьабуна. Гьебги ккана СагIудиязул ГIарабиялда. 2018 соналъ «Хэлуоин» абураб байрам кIодо гьабизе бокьарал гьенир туснахъалдацин лъун рукIана. Амма исана гьез рагьун, официалияб къагIидаялъ гьеб кIодо гьабуна.

Сайфуллагь-къадияс ХIасан-афандиясухъе хъвараб кагътида буго: «Дуда якъинго лъай, дир вац, гьелъулъ щибго щаклъиги гьечIо, дунялалда тIад цохIо Дагъистан ккола дин бацIцIадго цIунараб, исламалъул нурги жиндилъ хутIараб бакI. ХутIарал бакIазда исламалъул цохIо цIар хутIун буго», - ян.

Устарасул гьел рагIабазда божичIел ва гьелда тIад релъанхъилел рукIарал гIадамазе, къойидаса-къойиде хIурги гIодобе буссун, хIакъикъат баянлъулеб буго.

Гьелдаго цадахъ кечI-бакъанги гIемерлъун буго. Жакъа гIемерисезул телевизораздасан кучIдул рукIуна тIубараб къоялъ риччан. Жеги берцинго кIалъазецин бажаруларел гIисинал лъималаз гьениса рагIарал кучIдул чIахIиязе ахIула. Цинги нилъее къваригIуна кIудиял гIедал гьел лъимал как-кIалалда тIадчIараллъун лъугьине.

Гьабулеб жоялъе хIисаб кьезе ккола щивав чияс. Жакъа бусурбабийин абун ругел нилъ капурзабазда релълъун рукIине цIакъго рекъараб гьечIо.

Камил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...