Аслияб гьумералде

Нилъеда сверухъ ругел

Нилъеда сверухъ ругел

ТIадегIанав Аллагьас инсаният сверун ккун буго Жиндирго вукIинги, къуватги, хIикматги бихьизабулел гIаламатаздалъун. Гьел гIаламатал рихьизе бегьула тIабигIаталдаги, жибго инсанияталдаги, гIелмиял рагьияздаги, нилъер гIумруялъул лъугьа-бахъиназдаги. Амма пикру гьабулез гIадамаз гурони гьелъие кIвар кьоларо.

 

Сордо-къо хиси, бакъги моцIги багъа-бачари, дунялалъул гIуцIи - гьеб кинабго жибго-жиндасанго лъугьараб гьечIо. Къуръаналда рехсана зоб-ракь бижиялъулъ гIакълу бугезе гIаламатал ругин. Дунял мухIканго ва низамалда гIуцIун буго,

Инсанасул черх буго Аллагьасул бищун кIудиял гIаламатаздасан цояб. РакI, берзул канлъи, пикру, цоцалъ рекъон хIалтIулел миллиардал клеткаби - гьеб киналъго тIорите1л гьабула Аллагь ﷻ вукIиналда. Инсаният жибго жинцаго бижараб жо гуро, гьелъул гIумруги магIна гьечIеб жо гуро.

Аллагьасул гIаламатал загьирлъула гIелму рагьиялда. Къуръаналда рехсолел руго эмбрионалъул цебетIеялъул стадиял, дунял гIатIилъулеб букIин, маххалъул аслу, цIамгIалаб ва цIамгIалаб гьечIеб лъедаги гьоркьоб пардав букIин. Инсанияталъ гьанже гурони тасдикъ гьабичIеб жо гIемерал гIасрабаз цебе вахIюялдалъун загьирлъана.

Амма Аллагьасул гIаламатал гIицIго тIабигIаталда ва гIелмуялда гурел гьел жеги загьирлъула нилъеда тIаде рачIунел къварилъабаздаги. Унти, захIмалъи, гьоркьоса чи ками гьел киналго ккола унти гуребги инсан кантIизавилъун бугеб жо. ТIадегIанав Аллагьас гIадамазул хIалбихьула, гьел Жиндихъе руссине, сабру гьабизе, гIакълуялде рачIине.

МухIамад аварагас ﷺ бицана къиямасеб къоялъул гIаламатазул, гьезул гIемерисел жакъа нилъеда рихьулел руго: яхI-намус загIиплъиялъул, хъизанал хвезариялъул, бечелъиялда хадур лъугьиналъул, ракIбацIцIалъи гьечIого рихьдаего дин гьабиялъул. Гьел гIаламатал руго пикру гьабулезе лъазабилъун.

Аллагьас жиндирго гIаламатал загьир гьарула хIакъикъат баянлъизелъун. Амма гьел ракI рагьараб мехалъ гурони рихьуларо. Аллагьасул ﷻ гIаламаталги ккола пикруялде, тавбуялде ва гIамалалде ахIи.

Исламалъул нух байбихьула бичIчIиялдасан. Аллагьасул гIаламатазда тIад ургъулезда жидерго гIумруялъул хIакъикъатги магIнаги батула.

 

 

Камил МухIамадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...