Аслияб гьумералде

РитIухъавлъун вукIа

РитIухъавлъун вукIа

Исламалда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел сифатазул бищун кIвар бугездасанги. Гьелъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал ва Аллагьасдехун ﷻ бугеб игIтикъадалъулъ бацIцIалъи гIадал лъикIал тIабигIатал.

ГIадамазда гьоркьоб ритIухълъи бугебгIанасеб мехалъ гьезда гьоркьоб цоцадехун божилъиги букIуна. Амма гIадамазда гьоркьоб гьереси тIибитIидал, цоцаде божилъи хола, дагIба-къец цIикIкIуна.

РитIухълъиялда хурхун цо лъугьа-бахъин рехселин. Пуланав чи Лондоналда имамлъун хIалтIулев вукIуна. Мажгиталде гьев унаан цого автобусалдаги рекIун. Цо нухалда автобусалъул шоферас гьесухъе, белтихъ нахъе гIарац кьолаго, 20 пенсалъ цIикIкIун кьола. Имамасда ракIалда ккола гьеб гIарац жиндир гурин ва нахъбуссун кьуни лъикIаб букIинин абун. Хадубги шайтIаналъ ракIалде ккезабула гьеб цIакъго гьитIинаб къадар бугин ва нахъбуссинабичIониги гьелъул ургъел гьабулев чи ккеларин абун. Кин бугониги, автобус лъалхъидал, рекIелъ рачIарал квешал пикрабаздаса тавбуги гьабун, имамас гIарац шоферасухъе нахъбуссинабула ва абула: «Гьаб гIарац дуца дихъе цIикIкIун кьун буго, нахъе босе», - ян.

ГIарацги нахъе босун, гьимизеги гьимун, шоферас абуна: «Гьаб районалъул цIияв имам гурищ мун? Цо чанго моцI буго дир мажгиталде вачIине бокьун. Гьаб гIарацин абуни дица ургъунго кьун букIана цIикIкIун дур хIал бихьизелъун», - ян.

Имам гIажаиблъун хутIана. Автобусалдаса рещтIиндал, тIуртIудизе лъугьана гьев. Цинги, тIоцебе батараб хIободеги вегун, жинцаго жиндаго абуна: «Я, дир Аллагь ﷻ, 20 пенсалъухъ шайтIаналъ ислам бичизе тIамизехъин вукIана дун», - илан.

Нилъер гIамал-хасияталдалъун чанги чи битIарав нухде вачIине рес буго. Гьединлъидал нилъ, ай бусурбаби рукIине ккола капуразе мисаллъун. Кидаго ритIухъаллъунги ракIбацIцIадаллъунги рукIине жигарги бахъизе ккола. Нилъер рукIа-рахъиналъухъ балагьун цогIаги чияс ислам босани, гьеб гьечIищ унго-унгояб талихI!? Гьаб дунялалдасаги, гьалда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб гьечIищ цо капурав чи исламалда вачIин. Амма кIочене бегьуларо нилъер квешаб гIамалалъухъги балагьун исламалдехун занну, ай балагьи цонигиясул квешлъани, гьелъул нилъее кIудияб мунагь букIинги.

ГIумар-асхIабас абун буго нужеца тIадчIей гьабейин ритIухълъиялда, гьелъие гIоло нуж чIвалел ругонигиян. Ибну ГIабасица абун буго: «Ункъо жо буго жал инсанасулъ ругони, инсанасда хайир батулеб: ритIухълъи, нич букIин, нигIматазе щукру гьаби, берцинаб тIабигIат букIин».

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...