Аслияб гьумералде

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Гьале тIаде щолеб буго Авараг ﷺ гьавурав хирияб моцI – рабигIул аввал. Гьеб моцI бусурбабазе хирияб буго. Гьеб моцIалъ нилъеца мавлидал рачун, Аварагасул ﷺ бицун тIобитIизе жигар бахъула. Гьанибги рехсела цо-цо Аварагасул ахлакъал гьесул хьвада-чIвади, кинабго гьаниб рехсезе ресги рекъеларо ва къаламги гIеларо.

 

ТIадегIанаб тIабигIат

ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго Авараг гIемерал тIокIлъабаздалъун хасгьабуна рикIкIун хIалкIоларел. Аллагьас Авараг тIабигIатаздалъун гIемер веццана цогидал тIокIлъабазде дандеккун. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абуна (магIна): «ХIакълъунго мун, Авараг , тIадегIанав тIабигIаталъул вуго», - ян. (Сура «ал-Къалам», аят 4).

 

ХIеренлъи

Авараг гIадамазе бигьаяв, хIеренавлъун вукIана, кутакалда лъикI гьездехун гурхIел-рахIмуги гьабулаан. Къуръаналда Аллагьас абуна (магIна): «Нужедаго гъорлъа Авараг вачIун вуго нужехъе, нужее къварилъи ккей жиндие захIмалъулев, нуж иман лъун битIараб нухде ккезеги цIакъ бокьулев, миъминзабазда гурхIел-рахIмуги бугев». (Сура «ат-Тавбат», аят 128). Ай, нижехъе вачIана Авараг , инсанлъиялъулъ жив нужеда релълъарав. Нижеца гьев цогидаздаса хасгьавун вукIиналъе гIоло, нужеда гурхIел гьабиялъул ретIел ретIана гьесда ва гьевги нужеда тIад тана гурхIел-рахIму бугев вукIиналъул хIужабаздалъун. ТIадегIанав Аллагьас гьесие кьуна жиндирго берцинал цIарал – Рауфун ва РахIимун, гьелъул магIна ккола «ГурхIулев» абун. Жиндир лъикIлъиялъулъ Аварагас киданиги бусурбабазда ва капуразда гьоркьоб батIалъи гьабичIо.

 

Агьлуялда гурхIел

Аварагасул гурхIел агьлуялъеги гьабулаан. Анасица абуна: «Дида вихьичIо щивниги АвараггIадин хъизаналде лъикI вукIуневлъун», - абун. Гьединго Аварагас гьезие рукъалъул хIалтIабазулъ кумекги гьабулаан.

 

Сахавалъи

Сахавалъи Аварагасул тIабигIатаздасан букIана. Аварагасул сахавалъи букIинчIо гIадамал тIадецIаялъе, чIужуялъе, бечелъи тIаса инилан хIинкъун. ГIицIго Аллагьасе гIололъун, ислам тIибитIизелъун ва ятимазе кумекалъе букIана.

 

КъотIи тIубазаби

Аварагас кидаго къотIи тIубазабулаан ва жиндихъе цIунизе кьурабги цIунун, зарал ккезе течIого нахъе буссинабулаан. Гьединав гьев вукIиналъ гьесие цIар щвана «Аминун» абураб.

 

ТIаса лъугьин

ГIадамазул бищун хIалимав Авараг вукIана, тIас лъугьине бищун бокьулев вукIана. Росу тIарада ругел унтарал чагIазухъеги зиярат гьабизе унаан.

 

Бищун хирияв

Киналниги Аварагзабазда гьоркьов бищун хирияв МухIаммад Авараг ккола. КьучIаб рагIиялда бан 124000 азарго Авараг вуго ва гьезда гьоркьоб 314 мурсалунал руго. Аллагьас Къуръаналда рехсана 25 Авараг. Нилъер Аварагасда хадуб хирияв ккола Ибрагьим Авараг, хадув Муса, хадув ГIиса, хадув НухI, хадув Адам.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...