Аслияб гьумералде

Чеховасдаги лъалаан

Чеховасдаги лъалаан

Чеховасдаги лъалаан

ГIурусазул хъвадарухъан Антон Чеховасул цо хъвай-хъвагIаялда руго гьадинал мухъал: «Жиндирго рухI хвасарлъиялъул мурадалда бусурбанчияс нахъе тола жинцаго бухъараб гъуй, бахъараб ицц. ЛъикIаб букIинаан щивав чиясги гьединабго ицц, школа ва цогидабги, ай халкъалъ абадиялъ пайда босулеб жо нахъе танани. Гьелъ бихьизеги гьабилаан гьаб ракьалда дуца гIадада гIумру тIамичIолъи», - ян.

 

Чеховасул бицен ккун букIаго абила, гьаб ракьалда 44 сонги бан ана гьев ахираталда. 20-гIан соналъ унтун вукIана туберкулезалъ. Къокъабго гIумруялда жаниб, тIадежоялъе туберкулезалъ унтарав чияс, ракьалда тана цIакъго гъваридаб лъалкI. Дунялалда гIумру гьабун ругел гIемерисел халкъазул мацIазде руссинарурал тIахьал хъвай гуребги, гьес гIемераб хIалтIи гьабуна жамгIиял ишазулъги. Масала, ункъо росулъ рана школал, жиндирго гIагараб Таганрог шагьаралъул рагIалда бана Петр ТIоцевесесе памятник, гьенибго гIуцIана жамгIияб библиотека ва 14 соналъ гьеб хьезабуна тIахьаздалъун. Мелиховалда гIумру гьабун вугеб мехалда, тохтур хIисабалда, гьес сах гьавуна аза-азар векьарухъан, вабаъ багъарараб заманалда хъулухъ гьабуна 25 росдае. Живго лъикIав лъугьун ана Сахалиналде, хъвай-хъвагIай гьабуна гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазул ва «Сахалин чIинкIиллъи» абураб тIехьги къватIибе биччана. Добго Мелиховалда чIана азаргоялдасаги цIикIкIун жагадул гъветI, гIицIаб авлахъалда батIи-батIиял гъутIби чIун гIезабуна рохь, гьединго, гIемерал гъутIби чIана Крымалда. 

Гьайгьай, гьадинал мисалал гIемерал рехсезе бегьула. Гьединал чагIи нилъеда гьоркьорги ругелъулха. Гьелги ккола, хIакъикъаталдаги, жидеда талихI батарал, талихIалъул къимат гьабизе лъарал гIадамал.

 

ХIабиб МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...