Аслияб гьумералде

Кири бокьани…

Кири бокьани…

Кири бокьани…

ГIадамазда гьоркьоб маслихIат гьабиги гьел рекъезариги буго кири бугеб иш. Гьелъулго гIаксалда, гьезда гьоркьоб тушманлъи бижизабиги буго кIудияб мунагь бугеб, хIарамаб иш. Къуръаналдаги хъван буго лъикIлъи гьабизе нуж гIедегIейин, ай цоцаздаса цере ккезе хIаракат бахъейин.

 

ГIадамазулгун хIал рекъезабулев чиясеги щола шагьидасул даража. Щай абуни, гIадамазда хIал рекъезаби, аварагзабазулги сиддикъуназулги тIабигIатаздасан букIун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жужахI хIарам гьабулеб буго гIадамазе бигьаяв, хIеренав ва тамахав чиясе. Амма гьел тIабигIатал гIаксалда ричIчIизе бегьуларо, ай гьев хIинкъарав чи вугилан абун. Гьеб буго гIаданлъи жиндилъ бугин абураб магIна. Аварагасулги букIана рагIа-ракьанде щвараб хIеренлъи. АсхIабзабаз дунялалъул бицараб мехалъ, дунялалъул бицунаан, гьез ахираталъул рехсей гьабидал, ахираталъулги бицунаан, квен-тIехалъул бициндал, кванилги бицунаан.

Цо-цо асхIабзабаздасан бачIана микьго жо гьабизе гIажизлъарас тIадчIей гьабейин микьго жоялда абун:

  1. Кьижун вукIаго тагьажудалъул какил кири щвезе бокьарас къад къоялъ мунагь гьабуге.
  2. КIал кквечIого суннатаб кIалалъул кири бокьарас жиндирго мацI цIуне.
  3. ГIалимзабазул ажру бокьарас пикруялда тIадчIей гьабе.
  4. Рокъов вукIаго гъазаваталъул кири бокьарас шайтIаналда дандечIей гьабе.
  5. ХIежалде ине рес гьечIони ва гьелъул кири бокьарас рузманалда тIадчIей гьабе.
  6. Садакъа кьезе рес гьечIони ва гьелъул кири бокьани дудаго лъараб гIелму малъе гIадамазда.
  7. ГIабидуназул хиралъи бокьарас гIадамал рекъезаре ва гьезда гьоркьоб тушманлъи гьабуге.

Анасидаса бицун бачIана: «КIиго чиясда гьоркьоб маслихIат гьабурасе, Аллагьас ﷻ кьола гьениб бицараб лъикIаб щибаб рагIиялъухъ лагъ тархъиялда бащадаб кири», - ян.

ГIадамазда гьоркьоб маслихIат гьаби буго авараглъиялъул гIаркьалабаздаса цо гIаркьел. ГIадамазда гьоркьоб тушманлъи гьабиги буго сихIруялъул гIаркьалабазул цо гIаркьел.

АвзагIияс абуна: «Аллагьасе ﷻ рокьулел галабаздасан ккола маслихIат гьабизе рахъарал галаби ва кIиго чиясда гьоркьоб маслихIат гьабурав чи Аллагьас ﷻ цIунула жужахIалъул цIаялдаса», - ян.

ГIадамазулгун хIал рекъезабиялъ цIикIкIинабула рокьи-хинлъи ва гьел цоцадаса ратIалъизеги риччаларо. МацI гьабулев чиясул кинабго гIаксалда букIуна ва гьев кидаго Аллагьасул ﷻ ццим бахъиналда гъоркьги вукIуна.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...