Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Щивав бусурбанчиясе бокьулеб батила ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ живго вокьизе. Гьелдаса кIудияб нигIматги щибха букIинеб? Амма Аллагьасе ﷻ нилъ рокьизе ккани, Гьес малъухъе хьвадизеги ккеларищ?

 

АхIмадица ва ибну ХIиббаница бицараб хIадисалда буго: «Дир рокьи буго цоцазе рокьарал чагIазде, Дир рокьи буго цоцаздаса тIаса лъугьарал гIадамазде, Дир рокьи буго цоцазе кумек гьабулел гIадамазде, Дир рокьи буго цоцаз кколел гIадамазде», - ян.  Нилъин абуни барщаризе гIедегIула, чанго соналъ цоцазда кIалъачIого чIола. Гьебгиха дунялалъул жо сабаблъун. 

Аллагьасе ﷻ рокьуларо квешлъи билълъанхъизабулел чагIи. Гьединго рокьуларо мунагь гьабулелги, гьабураб къотIи хвезабулелги. Аллагьасе ﷻ рокьуларо мацIги гъибатги гьабун гIадамазда гьоркьоб питна гьабулел чагIиги. Гьединго рокьуларо шукру гьабуларелги. Къуръаналда буго: «Аллагьас ﷻ цIунула иман лъурал чагIи, Аллагьасе ﷻ рокьуларо шукру гьабуларел», - ян (сура «ХIаж», аят 38).

Шиб бугониги жо исрап гьабулел гIадамалги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ какана ва абуна гьел шайтIналъул вацал кколин. Къуръаналда буго: «Кванай ва гьекъей, амма исрапчилъи гьабуге, ХIакълъунго, Гьесие исрапчагIи рокьуларо», - ян (сура «ал-АгIраф», аят 31).

Жалго жидецаго реццулел ва жалго жидедасаго чIухIулел гIадамалги рокьуларо БетIергьанасе. Къуръаналда буго: «Аллагьасе ﷻ рокьуларо жиделъ чIухIи бугел ва рецц-бакъ гьабулел чагIи», - ян (сура «ан-Ниса», аят 36).

Аллагьасе ﷻ рокьуларо авлияазе, БетIергьанасде гIагарал гIадамазе зарал гьабулелги. Гьединазулгун рагъги лъазабуна Аллагьас ﷻ. ГIадамазеги рокьуларо жидерго рахIатхвезабулел, жидеда зулму гьабулел, чIухIдарулел гIадамал. Гьединго рокьуларо цогидазда тIад релъанхъулел, мацI гьабулел ва гьездаса рази вукIунаро  ТIадегIанав Аллагьги ﷻ. Аллагьасе ﷻ рокьула лъикIлъи гьабулел, сабру бугел, сахаватал, цоцаздаса тIаса лъугьунел гIадамал. Гьел руго кверщел батаралги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...