Аслияб гьумералде

Ургъел гьабун бечелъи щварал

Ургъел гьабун бечелъи щварал

Ургъел гьабун бечелъи щварал

 

Къуръаналда рехсон руго цере рукIарал умматазул гIемерал къисаби. Гьелги рехсон руго нилъер ракIазе асар гьабизелъун ва мисаллъун рукIине.  Гьединго ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда, Аварагасде вуссун, абуна: «Гьал къисаби рехсана дур диналда ракI щулалъизе букIине», - ян.

 

Гьаб къиса нилъее битIараб нияталъе сабаблъунги батаги.

Бану Исраилазул заманалда иман бугел лъикIал рос-лъади рукIана. Гьезул заманалъул аварагасухъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ вахIю битIула дуца гьезда абейин гьезул бащдаб гIумру бечелъиялда ва бащдаб гIумру мискинлъиялда ине букIинелъун Дица къотIи гьабунин абун. Росас, херлъараб мехалда букIине, бечелъи тIаса бищула. Щайин абуни, херлъидал гIарац сабаблъун (гьеб тIалаб гьабулаго) гIибадаталдаса машгъул гьавичIого вукIине. ЧIужуялъ бечелъи гIолохъанлъиялдаго тIаса бищула. Щайин абуни, гIолохъанаб заманалда гIибадат гьабизе бажарулеб букIун. Херлъидал рекъолелъулха дунял тун Аллагьасде ﷻ руссине. Гьеб жаваб бихьидал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасухъе вахIю рещтIинабула ва абула гьезда абейин: «Нуж кIиязго Дие гIибадат гьаби тIаса бищидал ва цIахъ бахъидал Дица нужер кинабго гIумру бечелъиялда тIамизе хIукму гьабуна, нужее дунялги ахиратги щвезе букIине», - ян.

Къисаялъ нилъее баян гьабула рос-лъадуе гIарцул ургъел букIинчIеблъи. Гьезие ургъел букIана гIолохъанаб ва херлъараб заманалда гIибадат гьабиялъул. Гьединаб ургъел гьезул букIиналъ, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIубараб гIумруялъ гьезие бечелъиги кьуна.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...