Аслияб гьумералде

Цогидасе унге...

Цогидасе унге...

Цогидасе унге...

Чанго нухалда росасе арай гIадан кинав росгун Алжаналда йикIуней? Бихьинчиясул чанго чIужу йикIунебгIадин, чIужугIаданалъул чанго рос вукIине рес бугищ Алжаналда? Дунялалда йикIаго ригьнаде инчIей гIадан, Алжаналда росасе унейищ?

 

Алжаналда чIужугIадан йикIине йиго дунялалда вукIарав росгун, гьел кIиялго Алжаналъул агьлулъун ратани. ХIузайфа-асхIабас лъадуда абун буго: «Дуе Алжаналдаги дир лъадилъун йикIине бокьун батани, дун хун хадув цогидасе унге. Щайгурелъул, Алжаналда чIужугIадан дунялалда вукIарав ахирисев росгун йикIуна», - ян.

Абу Дарда-асхIабасул йикIарай лъади Умму Дарда гьарулей йикIун йиго Абусуфянил МугIавиятица. Гьелъ инкар гьабун буго, хIадисалда рекъон, ахирисев росгун йикIунин чIужугIадан Алжаналда, жиндиеги Абу Дардагун йикIине бокьун бугинги абун.

ГIалимзабазул цогидаб пикруялда рекъон, дунялалда гьелъул рукIарал россабазда гьоркьоса бищун гIамал берцинавгун йикIининги буго. Цоги рагIи буго, гьелъие жиндиего тIаса бищизе ихтияр кьолинги.

Бихьинчиясул чанго чIужу йикIун ятани, гьел Алажаналдеги ани, гьенирги гьел гьесул лъудбилъун рукIуна, ратIалъаралги, цогидасе аралги хутIун.

Цо гIаданалъул Алжаналда чанго рос вукIине рес бугищин абуни, гьелъие жаваблъун гIалимзабаз гьаб аят бачуна (магIна): «Гьенир (Алжаналъул ахазда) рукIине руго ясгIаданал, чияр бихьиназде бер рехуларел» («Ар-РахIман», 56 аят). Гьеб аяталъе баян гьабун ТIабарияс хъвалеб буго, жиндирго росасухъ гуреб, цогидазухъ руччаби Алжаналда балагьизецин гьечIин. Гьелдаса бичIчIула, руччабазул цо рос гурев Алжаналда вукIине гьечIеблъи.

Дунялалда рукъалде инчIей гIадан йикIун ятани, Алжаналда лъадилъун йикIине йиго. Гьеб Муслимица бицараб гьаб хIадисалъ тасдикъги гьабула: «Алжаналда рукIине гьечIо гIадамал, ригьин гьабичIел», - ян. Алжаналда гьелъул агьлу цоцазе рачине руго.

 

Хадижат Хизриева

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...