Аслияб гьумералде

Черхалда рацIалъи гьаби

Черхалда рацIалъи гьаби

Черхалда рацIалъи гьаби

Черх чури тIад гьабулел жал

Черх чури тIад гьабулел жал ккола: хвел (хварав чи чуризе тIадаб бугелъул), хIайиз, нифас, лъимер гьаби яги рехи (гьитIинаб гьанал кесек реханиги), мани бачIин (мани батIа бахъизе лъала бачIунаго лазат щвани яги речIчIун бачIани, лъамаго бугони - буцараб гIатIалъул гIадаб махIалдалъун, бакъван бугони - ханил хъахIлъиялъул гIадаб махIалдалъун, чIужугIаданалъулгун яги цоги лъилгун бугониги жинсияб хурхен гьабуни.

 

Черх чуризе тIадав чиясе хIарамлъулел жал

Черх чурун гьечIони, гьесие хIарамлъула Къуръан цIализе, как базе, тIаваф гьабизе, Къуръаналда квер хъвазе, Къуръан баччизе, мажгиталда чIезе, хIайизалдаги нифасалдаги йигей гIаданалъул цIинуялдаги накабаздаги гьоркьоб бакIалда пардав гьечIого рос хъвазе, хасго хIарамаб буго гьеб хIалалъулъ чIужуялъе жимагI гьабизе, гьелдаса рос гьукъизе чIужуялдаги тIадаб буго.

ХутIарал азкарал, тасбихIал, дугIаби, свалат битIи, Аллагь рехсей черх чурун гьечIониги хIалаллъула. Жунублъарав чиясе карагьалъула черх чурилалде цебе расал, малъал, ялъуни черхалъул щиб бугониги жо тIаса инабизе. Жунублъун хадуб кваназе, кьижизе яги кIиабизеги жимагI гьабизе бокьани, какие чуризе суннатлъула, какие чуричIого гьеб гьабизе карагьалъула.

 

Черх чуриялъул фаризаял жал

Черх чуриялъул кIиго фарз буго: «Дица ният гьабуна фаризаяб черх чуризе» яги «Дица ният гьабуна черх чуриялъул фарз тIобитIизе» - абун ният гьаби. Ниятги, черх чуризе байбихьиялда цадахъ гьабула. Черхалъул цо бакI чурун хадуб ният гьабуни, ният гьабун хадуб кIиабизеги гьеб бакI чуричIони, черх чури малъуларо, щай абуни гьеб ният гьабиялде гъорлъе ккун гьечIелъул.

КIиабилеб фарз - тIолго черхалъул тIомги расазул кьалбалги риччизари. Гьеб кIиябго, ай ниятги тIолабго черх биччизабиги тIубани, черх чуриги малъула, гьелдалъун как байги тIубала.

 

Черх чуриялъул суннатал жал

Черх чуриялъул суннатал жал 12 руго: къилбаялдехун вуссин; кIиябго квер чури, какиего гIадин дугIабигун цадахъ камилго какичури гьаби, черхалъул сукIалабазул рацIцIалъи гьаби, черхалдаса цебеккун нажаслъи тIаса инаби, цин бетIералде, цинги кваранаб хьибилалде, цинги квегIаб хьибилалде лъим чвахизаби ва киса-кибего квер щвезабун квераз черх лъулъай; щибаб жо лъабцIул такрар гьаби; черх чурулеб лъим сахIалдаса дагьаб гьечIеб букIин; мани бачIиналдаса черх чурулеб бугони, черх чурилалде цебе кIущи, черх чуриялъул ахиралда дугIа цIали (какичуриялъул ахиралда цIалулеб).

 

Черх чуризе тIалъулел бакIал

Черх чуризе тIалъула жинабаталдаса, хIайизалдаса, нифасалдаса, лъимер гьабиялдаса хадуб. Хварав чи чуризеги тIадаб буго. Жинабат абула мани бачIиналдаги, жинсияб хурхен гьабиялдаги. Гьелдасаги черх чуризе тIадаб буго.

 

Черх чури жидее суннатал бакIал

Черх чуризе суннатаб буго рузман къоялъ, кIиябго гIидазул къояз, цIад гьариялъул, бакъ-моцI кквеялъул какие, хварав чи чурарав чиясе, бусурманлъарав чиясе, лъавуде вачIарав чиясе, хIижамат гьабун хадуб (би биччан хадуб), къвалакьа рас бетIани, гIавраталъул рас тIаса инабуни, бетIер кIкIвани, гIумруялдалъун балугълъараб мехалъ, хIеж-гIумра борхулаго, хIарамалъул ракьалде, Макка-Мадинаялде лъугьунаго, ГIарафа магIарда чIеялъе, Муздалифалда сордо борчIиялъе, чIимхал рехиялъе, щибаб рамазаналъул сордоялъ, игIтикаф гьабулев чиясе, кинаб бугониги лъикIаб данделъиялде унаго.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...