Аслияб гьумералде

Щукруялъул хIакъикъат

Щукруялъул хIакъикъат

Дунялалъул рокъоб нилъеца хIалтIизарула гIемерал нигIматал. НигIмат хаслъуларо гIицIго кванда, гьеб ккола машинаги, рукъги, гьаваги, бакъги ва цогидабги. Пикру гьабе, цо лахIзаталъ ТIадегIанав Аллагьас бакъ ва гьава нахъе босани, инсанас щиб гьабизе бугеб? Гьеб мехалъ Аллагьасда божуларесги иман лъела.

 

Нилъеда бажаруларо Аллагьасе ﷻ нилъерго черхалъул щукру гьабизе, щайин абуни нилъеда бичIчIунгутIиялъ. Гьеб бичIчIулеб букIарабани, БетIергьанасдехун нилъеца гIасилъи гьабилароан. Гьединал загIипал чагIи нилъ ругониги, нилъ рукIуна кутакал чагIи гIадин. Сундасаха гьеб бижулеб? РакI биццалъиялдалъун.

НигIматалда щукру гьаби Аллагьасул ﷻ рахъалъ кIудияб нигIмат буго. Гьединаб тавпикъ кьеялъухъ щукруги гьабизе ккола.

Цо нухалъ Давуд аварагас ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ абула: «Щукру Дудасан нигIмат бугеб мехалда, кин гьеб гьабулеб?» - ян. БетIергьанас абула: «Я, Давуд, гьанжеха дуца Дие щукруго гьабураб», - ян. Цинги Давуд аварагас Аллагьасда ﷻ гьарула: «Я, дир БетIергьан! Дие сундулъго кумек гьабурабгIадин Сулайман аварагасеги кумек гьабе», - ян. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Дуца Сулайманида абе мунгIадин вукIунев ватани, Дунги гьесие кумек гьабулевлъун вукIина», - ян.

Муса аварагас абула: «Я, дир БетIергьан! Адам аварагас Дуе кин щукру гьабураб?», - ян. БетIергьанас абула: «Гьесда бичIчIана нигIмат Дидасан букIин. Гьеб лъугьана гьес Дие щукру гьабураб гIадин», - ян.

ХIасан Басрияс Фуркъад бин ЯгIкъубида абула: «Дида рагIана дуца фалузаж (гьуинлъи) кваналарин», - абун. Гьес ХIасан Басриясда абула: «Дун хIинкъун вуго гьелдаса щукру гьабизе кIвеларин», - абун. ХIасан Басрияс абула: «Я, хIинкъуч, дуца гьекъолеб цIорораб лъехъ щукру гьабизе бажарулищ дуда?», - ян. Дуда рагIичIищ ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рагIи (магIна): «Я, иман лъурал гIадамал, нужеца кванай рацIцIадал жал, Аллагьас нужее ризкъилъун кьурал. Нужеца Аллагьасе щукру гьабе Дие гIибадат гьабулеб батани», - ян (суратул «Бакъара», 172).

ГIумар бин ГIабдулгIазизица абуна: «Нужеца нигIмат ракIалде щвезаре. Гьел ракIалде щвей щукру ккола», - ян.

Вализабаз лъим гьекъедал, гьезда гьеб Аллагьасдасан щукрулъун бихьулаан, ай Аллагь кIочон толароан. Нилъеда абуни, лъим гьекъолаго щиб гурин, какал ралеб мехалъцин Аллагь ракIалде щоларо. Бокьараб жо ботIролъе бачIуна, Аллагь ﷻ хутIизегIан. Гьелъ тIоритIел гьабула нилъер ракIал унтарал рукIиналда.

Аллагь ﷻ лъарал гIадамаз абуна: «Щукру гьабулел чагIи рикьула кIиго тайпаялде: цояс щукру гьабула бугеб жоялда, цогидас щукру гьабула гьечIеб жоялда», - ян.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее хIакъикъат бичIчIизе.

 

МухIаммад Хизриев

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...