Аслияб гьумералде

Беразе тимар гьаби

Беразе тимар гьаби

Нилъеца цӀакъ къанагӀат гурони пикру гьабуларо ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьурал берал гIадинал нигIматазул.

 

КъанагӀатав чияс гурони пикруги гьабуларо беразул ургъел гьабизе кколин абураб жоялъул. Аби буго: «ГIинкълъиго лъикI канлъи инегIан», - абураб. Щайгурелъул беразул канлъиялъ кIудияб хIалтIи гьабула дунял бихьизе ва лъазе.

Жакъа нилъ гIемер телефоназда ва копьютеразда нахъа рукIунелъул, рекъараб буго заманалда гьелъул ургъел гьабизе, канлъиялъе зарал ккезегIан чIечIого.

Бищун лъикIаб сахлъи ккола профилактика гьаби. Гьебги гьабизе ккола гьадин:

  1. Беразде хIал щолеб хIалтIи бугони, гьезие хIалхьи кьезе ккола щибаб 100 минут индал. Лъималазе гьеб заман жеги дагьаб букIине ккола.
  2. Беразе упражнениял гьари. Берал тIаде-гъокье сверизарила, гIемер къапезарила.
  3. Компьютералда нахъа вукIине ккола 50-60 сантиметралъ рикIкIад. Телефон 30 см рикIкIад кквезе лъикIаб буго. Телевизоралъухъ балагьила бищун дагь кIиго метралъул манзилги гьоркьоб тун.
  4. Рокъоб букIине бегьуларо цIакъго гвангъи яги бецIлъи.

Нилъеца беразе тимар гьабуни, унти гIемерго дагьлъизе рес буго. Гьеб гуребги, пайда босизе ккола витаминаздаса. Зама-заманалдаса тохтурасухъе ине тIадабги буго.

 

Шамиль МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...