Аслияб гьумералде

ГIолохъабазул мажлис-ифтIар

ГIолохъабазул мажлис-ифтIар

ГIолохъабазул мажлис-ифтIар

Гьал къоязда МахIачхъалаялда бугеб Гумбет районалъул гIолилазул централда тIобитIана Килалъ росдал гIолохъабазул мажлис-ифтIар. Гьелда гIахьаллъи гьабуна росдал имам ГIабдуллагь СултIановас, ИсламДаг сайталъул редактор НурмухIаммад ГIизудиновас, росдал гIолохъабазул цевехъан Мавлидин ГIузайровас ва магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас.

 

Жиндирго кIалъаялда НурмухIаммад ГIизудиновас бицана гIолохъаби гъорлъе цIазе рес бугел диниялгун политикиял, экстремистиял къокъабазул хIакъалъулъ.  Хасго бакътIерхьул улкабазда ругел жасусазул хIиллабазул.

ТIадчIей гьабуна гIолохъаби гуккулел, бусурбабазде куфру гIунтIизабулел, мекъаб нух ккураб къокъаялдаса цIунизе ккеялдаги.

«Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас баян гьабуна исламалъул тарихалда гIолохъабазул букIараб кIвар. «Исламалъе цебетIей щвана гIицIго гIолохъабаздалъун. ГIолохъаби лъикI ругони, жамгIиятги лъикI букIуна, амма гьезул гIадлу хвани, жамагIатги биххула, баракатги уна.

ГIолохъанго рукIаго жигар бахъизе ккола гIибадаталъеги. Херлъидал гьабураб тIагIатги хераб букIуна. ГIолохъаби рукIине ккола нилъер рухIиял, диниял церехъабазда, тIарикъаталъул устарзабазул нухда нахърилълъараллъун. Гьелда жаниб буго нилъер талихI», - ян лъугIизабуна гьес жиндирго кIалъай.

«Ас-салам» казияталъул редакциялъул рахъалдаса ГIабдуллагь МухIаммадовас сайгъат гьабуна имам Шамилил суратал гIолохъабазул активистазе. Гьединго сайгъат кьуна Килалъ росулъа машгьурав фотоблогер Шамсудин Жамалудиновасеги. Гьесул кIудияб жигар букIуна росдал данделъаби рахъиялъе, гьезул архив гьабиялъе.

КIалъазе рахъарал цогидазги лъикIал малъа-хъваял ва насихIатал гьаруна гIолохъабазе.

Мажлисалъе квербакъи гьабуразе ахираталда Аллагьас лъикIаб жаза гьабеги.

 

Расул МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...