Аслияб гьумералде

Воре, чIухIи рехун те

Воре, чIухIи рехун те

Воре, чIухIи рехун те

ХIурматиял бусурбаби, гьаб буго дунялалъул киналго санагIалъаби рекъараб, щивав чи жиндаго чIун яшав гьабулеб, квен-тIех гьарзаяб, гIемерисеб заман рекIелгъеязда тIамулеб. Гьайгьай, гьединаб мехалда инсанасулъ цIикIкIуна жиндаго, жиндир магIишаталда, лъай-хъваялда ва къуваталда божи ва кIудияб мугъчIвай. Гьеб киналдаго цIарги буго чIухIи. Гьелъул магIнаги ккола цогидал гIадамаздаса жив тIокIавлъун, бетIер борхатавлъун вихьи.

Инсанасда жаниб бищунго сурараб ва рекъечIеб гIамалги буго гьеб. ЧIухIи буго Жинде киналго хIажатав, Жив сундениги ва лъидениги хIажалъуларев Аллагьасул сипат. Кинав чияс чIухIи хIалтIизабулеб батаниги, гьев вуго Аллагьасулгун къец баялде вахъарав чи. Гьедин гьечIони инсан чIухIизе жо щиб бугеб? Живго кисан вачIаравали ва киве вуссуневали пикру гьабуни, чIухIизе бакI хутIулищ лъиего?

Гьеб чIухIиялъул гIаксалда буго живго гIодовегIанавлъун, гIадатиявлъун ва щибго жого гьечIевлъун вихьи. Эркенго вугеб заманалда инсанасда гьединавлъун вихьизе рес гьечIо. Амма цо кинаб бугониги къварилъиялде гьоркьовеги ккун жиндирго загIиплъи бихьани, мукIурлъичIогоги щиб гьабилеб гьес. Гьелдасаги ворчIун хвасарлъидалги тIадвуссуна гьебго чIухIиялде.

Живго гIодовегIанавлъун вихьи Бичасул аварагас хIадисазда жаниб кутакалда беццун буго. Имам Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Садакъаялъ боцIи мукъсанлъизабуларо, цогидасда тIаса лъугьиналъ лагъ тIадегIан гурони гьавуларо, Аллагьасе гIоло живго гIодовегIанавлъун вихьани Аллагьас гьев тIадегIан гьавула», - ян.

Бичасул аварагасда Аллагьас амру гьабуна кинабниги халкъалдехун гIадатиявлъун вукIайин абун. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дуда нахърилълъарал муъминзабаздехун калам хIеренавлъун, гIадатиявлъун вукIа», - ян. Цоги хIадисалда абулеб буго Бичасул аварагас : «Аллагьас диде вахIю гьабуна нуж гIодорегIаналлъун рукIайин, цоцазда тIад чIухIи гьабичIого ва цояв цогидасде данде вахъинчIого», – ян. (Муслим)

ЧIухIиги чорхолъа инабун живго гIодовегIанавлъун вихьи ккола кIудияб макъам. Гьединаб макъам щвезе ккани чара гьечIого гьеб тIалаб гьабиялда гъин бихьизабизе ккола. Гьеб балагьиялъул бищунго лъикIаб ва бигьаяб нухги буго шаргIалъул ахIкамал щулаго цIунизе хIаракат бахъи, гIибадат цIикIкIинаби. Гьеб тIагIат гьабизеги лъазе ккола, батIалъи щиб, цоги-цоги жалгIадин гьебги хасаб гIелмулъидал. Гьеб малъулеб нухги хIакъикъияв устарасул тарбияталдеги лъугьун гIибадат гьаби буго. Гьеб нухдасан ун, гIибадаталъул гьир жинде тIаде босарав чиясулъ живго лъай ва жиндирго загIиплъи лъай цIикIкIуна. Гьеб цIикIкIарабгIан инсанасулъ чIухIи гIодобе кьабула ва тIубанго нахъе иналде ккола. Аллагьас кумек гьабеги киназего чIухIи къезабизе!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...