Аслияб гьумералде

Кашфу-караматалъул хIакъикъат

Кашфу-караматалъул хIакъикъат

Кашфу-караматалъул хIакъикъат

Дагъистаналъул халкъалда жаниб цIакъ къиматаб жо буго кинаб бугониги кашфу-карамат загьирлъи. Гьелъул цо гьитIинабгIаги бутIа бугин рагIаницин гьев чиясе кутакаб хIурмат гьабизе гIедегIула нилъ. ХIасил гьабун абуни, балъголъи лъаялъул яги букIинисеб бихьиялъул дагьалнигии гIаламатал раккарав чи цеве гьавизе тIалаб гьабула киназго.

 

Гьелдаго цадахъ тIарикъаталъул устар вугин рагIани, гьесул карамат бугищин цIех-рех гьабула. Бугин абуни - къабул гьавун, гьечIин абуни - устарго гурин абураб гIадинаб пикру букIуна.

ШаргIалъ щибха абулеб бугеб? «РухIул баян» абураб тафсиралъул тIехьалда хъвалеб буго: «Муршидасе карамат – шартI гьечIо. АсхIабзабазул ва табигIиназул цо-цоязул гурони карамат букIинчIо. ХIатта умматалъулго бищун Аллагьасда аскIов хирияв, жиндир хIакъалъулъ аятги рештIарав, Авараг ﷺ накълулъидал гьесул бакIалда халифлъунги тарав, накълулъилалдего Аварагас ﷺ жамагIаталъе имамлъи гьабун как базеги тIамурав, тIоцебе Аллагьас жинде Алжаналъул рохелги бицарав, Сиддикъилан цIарги лъурав Абубакар-асхIабасулги кашфу-карамат букIинчIо».

Аллагьасда аскIов инсан хириявлъун вукIиналъе кашфу-карамат шартI букIарабани, гьесулги букIине ккелаанха гьеб. Валиясе кашфу-карамат шартI букIунгутIиялъе гьалдаса кIудияб далил щиб букIинеб, пикру гьабурав чиясе?

«РухIул баяналда» буго: «ХIакъаб нухда бугеб агьлуялъе бищун тIадегIанаб карамат – истикъамат буго, ай шаргIалда витIун хьвади, гьеб дурус гьаби. Цогидал караматал гьез халгьабулел жал гуро.

Вализабазул цояс, гъуялъул тIиналда букIараб лъим жиндие караматлъун, жибго тIаде бахун бачIиндал гьекъечIиланцин буго, дирго квералъ гъуялъубе, кваридаги бухьун, гелги бегьун бахъараб гурони бокьиларинги абун».

Кинаб жо бихьаниги вализабаз щибго милатги гьабуларо, гьелде рекIелгъейги букIунаро. Гьелъул хIакъалъулъ «Барикъат» абураб тIехьалда хъван буго: «ГIаламалдасаги ватIалъун гIалхуда Аллагьасе гIибадаталда чIун вукIаго, цо сордоялъ ГIабдулкъадир Геланиясе загьирлъанила дунял-гIаламго гвангъараб нур ва ахIанила вихьуларев чиясул гьаркьидалъун: «Ва ГIабдулкъадир, дуца цIакъ жигар бахъана дие гIибадат гьабиялъулъ, дуца гIибадатги гьабуна хIакъаб куцалда гьабиялъ. Гьанже дица дуда тIаса рехана хIарамал жалазул хIарамлъи ва дуе хIалал гьабуна кинабго жо. Гьанже мун дуего бокьараб гьабулев вукIа, дица дур киналго мунагьал чурана», - абун. Цинги ГIабдулкъадирица ахIана: «Я шайтIан, дица Аллагьасдалъун цIуни гьарула ширкалдаса», - абун. Цинги доб нурги тIагIанила, букIухъе бецIго сордоги лъугьанила ва ахIанила добго гьаракьалъ: «Ва ГIабдулкъадир, мун цIунанаха дур гIелмуялъ, дица гьаб макъамалъулъ чанги гIабидги загьидги къосинавун вукIана», - абун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...