Аслияб гьумералде

Ризкъи мукъсан гьабулеб

Ризкъи мукъсан гьабулеб

МацIалъул мунагьазда гьоркьоб бищунго сурараб буго хабар бицунелъул гьереси бицин. Чанго батIиял гIиллабиги рачун харбида жаниб гьереси камуларо нилъер гIемерисезул. Цо-цояз махсаро бугин, цогидаз гьересиялда божулищан, яги гьесда лъалищан хIалбихьизе бицун букIанин абула. Кинаб хIужа нилъеего бачаниги, битIараб гуреб калам гьереси ккола.

Гьереси бицинги кIудиял мунагьазул цояб буго. Гьеб ккола цониги диналъ яги гIакълуялъ къабул гьабулареб къабихIаб иш. Гьереси ккола хIакъикъаталдаги гьезего гьечIеб жо бицин. Гьеб иш Бичасул аварагасул ﷺ хIадисазда кутакалда какун буго. Муслимгун Бухарияс бицараб кьучIаб хIадисалда буго:

«Нужеца цIуни гьабе гьереси бициналдаса. Щайгурелъул гьелъ мунагьалде цIала. Мунагьалъ жужахIалде рачуна. Гьереси бицунев вукIуна инсан Алагьасда аскIов гьерсихъан абураб цIар хъвазегIан», - ян.

Имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Цо чияс гьикъана, я Бичасул авараг, жужахIалъул агьлуялъул гIамал щиб кколеб? Гьес жаваб гьабуна гьереси бицин кколин абун…»

Камилаб иман лъезе ккани чара гьечIого рехун тезе ккола инсанас гьереси бицин. Хирияб хIадисалда буго: «Камилаб иман лагъасул букIунаро гьереси бицин гьес тIубанго рехун течIебгIан заманалда: букIа гьеб махсародулъ, дагIбаялъулъ, кIигIанго витIарав гьев ватаниги къецалда жаниб», - ян.

Мунапикъасул лъабго гIаламат рехсараб бакIалда гьезул цояб гьереси бицин бугин абулеб буго хирияб хIадисалда. Бичасул аварагасда ﷺ гьикъанила муъминчи гьерсихъанлъун вукIунищин абун. ВукIунарин кьун буго хирияс ﷺ гьесие жаваб.

Цоги хIадисалда буго: «Гьереси бициналъ ризкъи мукъсан гьабула», - ян.

Нилъеда чIвалареб, амма цогидазда, ай инсан гурел махлукъатазда чIвалеб махI бахъунеб буго гьереси бицунесул кIалдисан. Гьелъие нугIлъи гьабула гьаб хIадисалъ: «Лагъас гьереси бицараб заманалда гьесдаса малаик рикIкIалъула милалъул къадаралъ, гьесдаса бахъунеб махIцараб махIалдаса тIурун», - ян.

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасул ﷺ гьереси бициналдаса ццим бахъинабулеб тIабигIат цоги букIинчIо. Лъица бугониги гьереси бицин халлъани, гьесул цIакъ ццим бахъунаан, тавбу гьабун гьев вуссун ватилин ккезегIан. Имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «ГьитIинаб лъимадуе кьелинги абун хадуб кьечIев, ай гьев махсароде ккурав чи гьерсихъан вуго», - ян.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...