Аслияб гьумералде

Свалатул гъафлат

Свалатул гъафлат

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал, исламияб диналда жаниб бичча-бихъан тараб цониги эркенаб заман гьечIо жинда рекъараб гIибадат бихьизабун гурони. Балагьеха цо гьадинаб заманалдеги. Масала, хIалтIуда, къватIир рукIарал нилъ киналго къаси руссуна рокъоре. Гьеб букIуна гIемерисеб мехалда маркIачIул какил гIуж.

 

Гьеб какги бан гIемерисел руссуна я кванде яги хIухьбахъигун рахIат гьабиялде. ГIемерисеб мехалда гьеб гIужги уна эркенго, щибго пайдаяб рахъалде буссинабичIого.

БетIергьанас гьеб заманалдеги кантIизарун руго нилъ. Гьеб заманалда базе хирияблъул бихьизабураб какалде гIалимзбаз цIар лъун буго свалатул гъафлат, ай гъапулаб заманалъул как абун. ХIакъикъаталдаги гьеб мех кинавниги чи гIибадаталдаса гъапулаб заман кколарищха. Сордо-къоялда жанир ругел гIужал рикьун руго батIи-батIиял гIибадатазде. Зикру-фикру хириял гIужал руго, гьединго как базе бихьизабуралги руго. Гьединазул цояб гIуж ккола маркIачIулгун боголил какалда гьоркьоб бугеб мехги. Имам ШафигIиясул мазгьабалда гьеб гIужалъ базе бихьизабун буго 2 ракагIаталдаса бахъараб 20 ракагIаталде щвезегIан къадар. ХIанафияз гьеб заманалда гьабураб гIибадат сордо борчIиялде гъорлъегицин бачунеб буго.

Къого ракагIат баялъул хIакъалъулъ Бичасул Аварагас ﷺ абулеб буго: «МаркIачIулгун боголил какалда гьоркьоб 20 ракагIат барасе Алжаналда жаниб рукъ бала», - ян. Бищун дагьаб кIиго ракагIат ва цIикIкIарасеб 20 ракагIат бихьизабун буго, амма гьезда гьоркьохъеб къадар анлъго ракагIатги буго. Гьелъул хIакъалъулъ абулеб буго: «МаркIачIул какалда хадуб цогидаб къваригIел гьечIеб кIалъай гьабилалде анлъго ракагIат бай бащалъула 12 соналъ гьабураб гIибадаталда», - ян.

ХIузайфатица бицараб хIадисалда буго: «Дун вачIана Бичасул аварагасухъе ﷺ. Гьевгун цадахъ бана маркIачIул как ва боголил мех щвеегIан какал ралевги вукIана», - ян.

ГIиракъияс абулеб буго, маркIачIулгун боголил каказда гьоркьоб как балел рукIарал асхIабзаби кколила ГIабдуллагь бин МасгIуд, ГIабдуллагь бин ГIумар, Салманул Фариси ва Ибнумалик. ТабигIиназдаса гьеб как балел чагIи кколаан Асвад бин Язид, ГIусман ан-Нагьди, ибну аби-Мулайкат, СагIид бин Жубайр, МухIаммад ал-Мункадир ва цогидалги.

Гьел каказда тIадчIей гьабула тIарикъаталъул машаихзабазги. Гьел каказул кири щола, кинаб как баниги, масала бецIунгIадаб.

Диналъул цо дагьабниги ургъел бугев чияс гьеб заманалъул кIвар гьабизе рекъараб буго. Бажарараб къадаралда гьел какал разеги ккела киназго.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...