Аслияб гьумералде

ГIибадаталъул хьон

ГIибадаталъул хьон

ТIадегIанав Аллагьасе бацIцIадго гIибадат гьабизе ккани инсанасе чара гьечIого къваригIуна бацIцIадаб, хIалалаб тIагIам. Имам Гъазалияс абун буго: «ТIагIам буго гIибадат гьабиялъул хьон. Гьеб хьон хвараб, чорокаб бугони, гьелдаса тIирщулеб жоги хвараб, чорокаб букIуна», - абун.

 

Жеги хъвалеб буго: «Чан чи вугев чорокаб яги чорокал гIадамаз гьабураб тIагIам кванаялдалъун радакье тагьажуд базе вахъиналдаса жив нахъчIварав», - ян.

ТIадегIанав Аллагьасе бацIцIадаб къагIидаялда гIибадат гьабизе бокьарасе чара гьечIо хIалалаб квеналда тIадчIей гьабиялдаса, гьелъул адабалги цIуниялдаса.

Аварагас ﷺ хIадисалда абун буго: «Адамил лъималаз къвачIа цIезабичIо, цIураб кванирукъалдаса жиб квешаб», - ян. Гьебги буго кванирукъалъул хIакъалъулъ абулеб, жиб хIалалаб кванил цIураб, амма хIарамаб кванил жиб цIезабуни гьеб кинха букIинеб? Цинги хIарамаб пиша гурони лъугьинеги лъугьунаро, щайгурелъул, нилъер лугбузде бачIунеб гIамалги ургьибе ккараб тIагIамалъул хIисабалда букIунелъул. ХIалалаб жо нилъеца кванани, хIалалаб жо нилъедасаги лъугьуна. ХIарамаб кванани, хIарамаб пиша гурони нилъецаги гьабуларо. Гьелдасан бичIчIула хIалалаб, бацIцIадаб кванда тIадчIей гьабизе кколеблъи.

Хасго квен кваназе тIадчIей гьабизе ккола какичуриялда, щибаб лукъмаялъе бисмиллагь бахъун. Гьединаб куцалда нилъеца тIагIам кванаялда тIадчIей гьабуни, нилъедаса къиямасеб къоялъ хIисаб-суал босиларила. Какичуриялдаги вукIаго инсанас кванараб квеналъила, ургьиб бугебгIан заманаялъ гьесие тасбихI, гьесул мунагьал рахчи тIалаб гьабулеб букIунила. Квен гьабулеб, столалда лъолеб мехалъ, хIатта жеги хьагида гъоркь цIа бакулеб мехалъгицин хIузуралда, Аллагьги ракIалде ккун гьарилила гьал пишаби, гьелъул баракат квен кваналев чиясеги щвезе букIине.

ХIалалабги букIун квен гIорцIизегIан кванаялдалъунги гъафлат тIаде бачIуна, гьелъ черх бакIлъизабула, берал кьижиялде цIала, лугби загIип гьарула. КигIан хIаракат бахъаниги гьесдаса щибго гIамал берцинго лъугьунаро, макьу бергьин гурони.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...