Аслияб гьумералде

Бищун кIудияб нигIмат

Бищун кIудияб нигIмат

ХIурматияб диналъул агьлу, вагIзабазда, диниял тIахьазда ва тIарикъаталъул дарсазда нилъеда гIемер рагIула тIадегIанал макъамазул хIакъалъулъ бицунеб. Гьелде кIудияб хьулги лъола нилъер. Амма, балагьараб заманалда, гьеб хьул гIумруялде бахъинабизе ккани, чара гьечIого къваригIуна Аллагь рехсеялда тIадчIей гьаби. Гьелда нилъеца абула зикруян. Гьебги ккола ракIалда Аллагь ккун, кIалги черхги гьелда рекъезабун, жиндирго гIумрудул заман тIами.

ГIаммаб куцалда босани, бокьараб гIибадат зикру ккола. Щайгурелъул гьеб кинабго буго Аллагьасе гьабулеб тIагIат, гьебги зикру буго. Амма гьаниб бицен гьабизе бокьун бугеб ккола хасаб, ай «Ла илагьа иллаллагь» абун яги Аллагь, Аллагь абун зикру бачин. Кинаб батаниги тIарикъат ва тассаввуф буго Аллагь рехсеялда тIад гIуцIараблъун. Гьелдаса мурадги буго, инсан кинаб хIалалда ватаниги, гIибадаталда, магIишаталда, квана-гьекъеялда, хIалхьиялда вугониги, гьесда Аллагь кIочонареб бакIалде вахинави.

Гьелда тIасан бачIине бегьула гьадинаб суалги.ГIибадаталда вукIагоги гьесда Аллагь кIочонищ вукIуневин абураб. Гьелъие жаваб балагье щивав чияс жинцаго как балеб мехалъул хIисабги гьабун. Чан батIияб пикру бачIунеб какилъ рукIаго? РукIунел ругищха гIибадат гьабулелъулги нилъ Аллагьги ракIалда ккун? Гьединлъидал тIарикъаталъул аслияб хIалтIи ва мурад буго инсан, гIибадат гьабулелъул, хасго Аллагь ракIалде щолеб хIалалде вачин. Гьелъие аслияб нухлъунги машаихзабаз бихьизабун бугеб Аллагь рехсей. Гьеб кколеб буго спортсменасул тренировка гIадаб жо. Цебеккун лъадари гьабичIого гугариялъул къецазде вахъарав чи бергьине рес гIемер гьечIебго гIадин, гIемер зикру бачинчIев чиясул рекIеда кидаго Аллагь вукIинги букIине рес дагьаб жо буго.

Нилъ рукIуна дунял данде багъулеб бугин абун. Лъималаздасан, чIужуялдасан байбихьун данде рахъун ругин, магIишат данде билъунеб гьечIин зигардула. Хирияб хIадисалда гьединаб хIалалъе бихьизабураб дару ккола Аллагь рехсей цIикIкIинаби. ХIадисалда буго: «Дуца Аллагь рехсе, гьеб букIина кумеклъун дур киналго тIалабазе», – ян.

«Рисалат» абулеб тасаввуфалъул тIехьалда хъвалеб буго: «Дунялалда инсанасе кьураб бищунго лъикIаб жо Аллагь рехсей ккола. Ахираталъул рокъоб бищунго лъикIаб жо Аллагь вихьи рес кьей буго. Дунялалда бугеб зикру ккола ахираталда Аллагь вихьиялда релълъараб жо», – ян.

Аварагас ﷺ жиндирго имгIал АбутIалибида абулеб буго: «Дуца Ла илагьа илла ллагь абе, дица дуе Къиямасеб къоялъ нугIлъи гьабизе буго», – ян.

Зикру пайдаяб ва асар цIикIкIараб букIуна хIакъикъияв устарасул тарбиялда гъоркь бачунеб бугони.

Аллагьас кумек гьабеги киназего!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...