Аслияб гьумералде

Дунялалъул талихI

Дунялалъул талихI

Кинавниги чияс балагьулеб жо ккола талихI. ГIемерисез гьеб балагьула гьаб дунялалдаго. Гьелъие гIоло хвезабула тIубараб гIумругун магIишат, чорхол сахлъи ва къуват. Гьеб талихIги, щивасул пикруялда рекъон, батIи-батIияб букIуна. Кин абуниги гьеб ккола рахIаталда гIумру тIами, щибго ургъел-къварилъи букIунгутIи.

СагIду ибну Вакъасил хIадисалдасан имам ХIакимица бицун буго, Бичасул аварагас ﷺ абунин: «Инсанасул талихI букIиналдаса кколин ункъо жо: лъикIай чIужу, гIатIидаб рукъ, лъикIав мадугьал ва рахIатаб рекIунеб жо. ТалихIкъиналдасан бугин: квешай чIужу, захIматав мадугьал, санагIатаб гуреб рекIунеб жо ва къваридаб рукъ», - ян.

ЛъикIай ва квешай лъади

Бихьинчиясул бащдалдаса цIикIкIараб гIумру бараб ва хурхараб буго гьесул къайицадахъалда. Рос вуго рокъов гьоболгIадав чи. Рукъалъул ишал гIемерисеб мехалда лъадуца тIуран рукIуна. Гьелде тIадеги лъималазе тарбия кьейги гьелда бараб буго. Балагьеха гьанже, цонигиясул лъади божи гьечIей, хиянатай, иман гьечIей, адаб бахъарай ккани, гьесул рукъалъул ва жиндирго талихI къуна. Рокъоса лъугIуларо кидагосеб дагIбарагIи, букIуна рахIатхвей, букIунаро рокъове вачIанин абураб рекIее бигьалъигун свак чучи. Амма лъади лъикIай ккани, гьелдаса кIудияб талихIги цоги букIунаро.

Рукъ

Рукъалъул лъикIлъиялдасан ккола гьеб гIатIидаб букIин. Гьесие хIажаталъе гIолебгIанаб къадаралда. Гьалдасан бичIчIизе бегьуларо рукъ кигIан кIваниги кIудияб базе кколин абураб жо. ХIажатаб къадаралда гIатIилъи букIин - талихIлъун ккола. Балагье, кIиго-лъабго тIала бала щибго хIажалъиги гьечIого. Гьез лъабабилеб тIалаялде рахинчIого лъагIалабиги рала. Амма къваридаб рукъ бугони, гьелъги гIумру захIмат гьабула.

Мадугьал

Инсанасул гIумруялъул гIемерисеб бутIа бараб букIуна мадугьаласда. Гьединлъидалин исламалъги цIакъ цIуниялде ахIулел мадугьаласул хIукъукъал. МагIарулазул абиги буго, мадугьал вихьун рукъ босейин, эбел йихьун яс ячейин абураб. Мадугьаласда бараб жо гIемер букIуна. Гьев магIна гьечIев ккани, гIумруялъул талихIалъе кIудияб ками ккола.

РекIунеб жо

Цебе заманалда гIемерисеб рекIунеб жо букIана чу. Цо-цояз хIамагун гIорцIенги хIалтIизабулаан. Гьезул лъикIлъиги бараб букIана къуваталда ва гIамалалда. Амма гьаб заманалда рекIунеб жо машина буго. Гьелъулги лъикIаблъун рикIкIуна жиндир хIажат берцинго тIубалебгIанасеб къадар. Налъиги гьабун бищун хирияб машина босиялде исламалъ ахIуларо. Жиндир ресалда рекъараб, къваригIел тIубалеб машина букIинги талихIаб гIумруялдасан ккола.

Аллагьас ﷻ нилъее киназего кьеги гьаб ункъабго талихI!

Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...