Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ рехсеялде ахIула

Аллагь ﷻ рехсеялде ахIула

Аллагь ﷻ рехсеялде ахIула

ХIурматияб диналъул агьлу. Бичасул Аварагас нилъее тун буго бечедаб рухIияб ирс. Хирияб хIадисалда буго: «Дир нафсалъул кверщел кодоб бугев Аллагьасдалъун дун гьедила, нужее бокьани. Бищунго Аллагьасе жиндир лагъзадерида гьоркьор рокьулел  чагIи ккола Аллагь Гьесул лагъзадерие вокьизавулел ва Аллагьасе Гьелги рокьизарулел, насихIаталдалъун ракьалдаги хьвадулел», - ян.

 

«РимахIу хIизби ррахIим» абураб тIехьалда буго, Бичасул Аварагас ﷺ рехсей гьабурал гIадамал шайихлъиялъул даражаялда ругел кколин абун. Щайгурелъул шайихас, ай тIарикъаталъул устарас Аллагь вокьиялде рачуна Аллагьасул лагъзал, гьединго Аллагьасе жиндир лагъзал рокьиялдеги рачуна. Кинин абуни, устарас мурид вачуна ва тIовитIула Бичасул Аварагасда ﷺ нахъвилълъине, гьесда нахъвилълъарав Аллагьасеги вокьула.

ХIакъикъаталдаги тIарикъаталъул устарзабаз гIадамал ахIула гIемер Аллагь рехсеялде. ГIемер рехсанагIан Аллагь вокьиги цIикIкIуна. Инсанасе Аллагь вокьи цIикIкIиналъул къадаралда Аллагьасе гьев лагъги вокьула.

Абу Сулаймани Даранияс абун буго: «Бищунго хирияб гIамал ккола Аварагасул ﷺ суннаталда кинабниги хIалалъулъ нахъвилълъин. Гьединаб нахъвилълъинги лъугьунаро гIибадат гьабиялъул нухазул цоялде, ай тIарикъаталде лъугьун гурони. Гьебги Бичасул Аварагасда ﷺ, асхIабзаби гьоркьор ккун, гьездасан тасавуфалъул машаихзабазул гьоркьоблъиялдалъун бугеб букIине ккола», - ян.

ГIубайдуллагьил АхIрарас абун буго, вализабазул рагIаби росарал ругила авараглъиялъул хIакъикъаталдаса. Къуръангун хIадис кIодо гьабизе тIадаб бугебго гIадин умматалдаго, гьединго тIадаб буго авлияазул калам кIодо гьабизегиян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...