Аслияб гьумералде

Вокьула нижее мун, МухIаммад авараг ﷺ

Вокьула нижее мун, МухIаммад авараг ﷺ

Киназдаго лъалеб жо буго, Алжан щвезе ккани, нилъер гIамал букIине ккола Аллагьасе ﷻ бокьулеб. Аллагьасе ﷻ нилъ рокьизе ккани, тIоцеве нилъее вокьизе ккола Аллагьасул ﷻ чапар, МухIаммад авараг ﷺ.

 

Рецц буго Аллагьасе ﷻ, Жинца абурав (магIна): «Дуца абе, МухIаммад! ХIакълъунго, нужее Аллагь ﷻ вокьулев ватани, нуж дида нахърилълъа, гьеб мехалъ рокьизе руго нуж Аллагьасе ﷻ ва чуризе руго Гьес нужер мунагьал», - абун. ГIаламалъул Хирияс ﷺ абун буго: «Кинабниги дир уммат Алжаналъубе лъугьине буго гьениве лъугьинарин чIарав чи хутIизегIан», - абун. АсхIабзабаз гьикъун буго: «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ, щивха гьениве лъугьинарин чIолев?» - илан. Гьес абуна: «Щив чи вугониги дие мутIигIлъарав, гьев Алжаналъуве лъугьина ва щив чи вугониги диде гIасилъарав – хIакълъунго, гьев вуго лъугьинарилан чIарав», - абун.

МухIаммад аварагас ﷺ абун буго: «Дир агьлу нужее релълъун буго НухI аварагасул гамида. Щай абуни, щив чи вугониги гьесул гамида рекIарав, гьев чIаго хутIана, рекIине бокьичIел – хвана», - абун. Гьаб хIадисалъ бихьизабулеб буго кигIан цIикIкIараб, кIвар бугеб ишлъун кколеб нилъее Авараг ﷻ вокьи, гьесул агьлу бокьи ва гьес нилъее гьабизеги тезеги малъараб гьабун рукIин.

Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго жиндир эбел-инсудасаги, лъималаздасаги ва жиндирго нафсалдасаги МухIаммад авараг ﷺ вокьизе. Гьединлъидал бусурбанчи хьвадизе ккола Аллагьасе ﷻ ва Гьесул илчиясе ﷺ бокьухъе. Щай абуни, Аллагь ﷻ вокьи хIакъикъияб букIунаро МухIаммад аварагасда ﷺ нахърилълъинчIони. Аварагас ﷺ абуна: «Нужер цонигиясул иман камилаб, мухIканаб букIинаро, нужее нужер эбел-инсудасаги лъималаздасаги ва кинабго инсанияталдасаги дун цIикIкIун вокьизегIан», - абун. Гьелъги нилъер щивасда тIадаб буго Аллагьас ﷻ кинабго махлукъаталдаса хира гьавурав, гIаламалъего рахIматлъун витIарав гьесул гIумруялъул лъугьа-бахъинал, гьесул гIамал-хасият ва гьесул агьлу-хъизан щиб букIараб, кинаб букIараб лъазабизе.

ТIадегIанав Аллагьас «ХIадисул къудсиялда» абулеб буго (магIна): «Дица зобалги ракьалги рижизе рукIинчIо гьев Аварагасе ﷺ гIоло гурони», - абун.

«МухIаммад авараг ﷺ вокьи» – абулеб жоялъул магIна ккола гьесул гIадал (хIалкIун) гIамалал гьари ва гьес бихьизабураб нухдаса кьуричIого ин. Бажарулеб бугищха нилъеда гьесул нух кквезе?

МухIаммад авараг ﷺ вокьиялдасан буго гьесул асхIабзаби, хъизан-лъимал ва гIагарлъи бокьи, гьес бицараб кинабго ритIухъ гьаби ва гьединго гьев ритIухъ гьави, гьес рицарал, цере арал, нилъеда лъалел рукIинчIел умматазул къисабазулъ ва гьединго рукIинесел, лъугьинесел жалазулъ.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...