Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ кванана

Аварагас ﷺ кванана

Аварагас ﷺ кванана

Бичасул аварагас ﷺ кванана: – Бакъвараб гьан. Хирияб хIадисалда буго: «Цо чияс бицана, авараггун ﷺ сапаралда вукIаго гьесие хъуна чахъу. Цинги аварагас абуна гьелъул гьанал гIадлу гьабе, бакъвазабеян. Мадинаялде щвезегIан гьеб чахъдал гьан кьуна Бичасул аварагасе ﷺ», - ян.

– Зебраялъул гьан.

– Чахъдал гьан.

– Бихьинаб вараниялъул гьан, сапаралдаги рокъов вукIагоги.

– ГIанкIил гьан.

– Ралъдал рухIчIаголъабазул гьан.

– Сарид. Гьеб ккола гьанал гIагIуги чедги жубараб жо. Цо-цо мехалъ гьелда гъорлъ гьанги букIуна.

– Зайтуналъул нахалдаги ччун, чед. ГIумар ибну ХатIабидаса бачIараб хирияб хIадисалда буго Бичасул аварагас абунин: «Нужеца зайтуналъул нах кванай, черхалдаги бахе, гьеб буго баракатаб гъветI», - ян.

– Белъун пурчIина.

– Хазират. Гьеб ккола гIисин гьабун гьанги буссун, гIемераб лъимги тIун, белъиндал гъорлъе ханжуги бан, белъараб тIагIам.

– Нисо.

– ГIатIгояб, бакъвараб ва жеги тIубан барщичIеб чамасдак.

– Кабас. Гьеб ккола Арак гъотIол пихъ. Гьелъул кьибилалъул гьабула сивакги.

– ХIан. Бичасул аварагасе ﷺ Табукалдаса битIун хIан бачIана. Цинги аварагас ﷺ, нусги бачIинабун, бисмиллагьги бахъун, гьеб къотIана.

– КъанцIа. Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго: «Макка бахъараб къоялъ Бичасул авараг ﷺ Умму Гьаниил рокъове лъугьана. Вакъунги вукIана. Хирияс ﷺ гьелда гьикъана кваназе жого гьечIищилан абун. Бакъварал чадил кескал гуреб кваназе жо гьечIин, гьел цере лъезе жийги нечон йигин абуна гьелъ. Цинги аварагас ﷺ абуна, росейин гьел церейилан абун. Гьелъ, лъелъги лъун, рекун, тIаде цIамги щван, рачIана. Цинги аварагас ﷺ гьикъана дандежо гьечIищилан. КъанцIа гуреб жо гьечIин жаваб гьабуна гьелъ. Цебе босун къанцIа бачIиндал, гьеб чадиде тIаде тIуна Бичасул аварагасﷺ, гьелъие реццги гьабуна, рокъоб къанцIа бугев чи пакъирлъиларинги абуна».

(«Васаилул вусул ила Шамаили Ррасул»)

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...