Аслияб гьумералде

Лукъманул ХIакимил малъа-хъваял

Лукъманул ХIакимил малъа-хъваял

«Мун гIадамаздехун вусса, - ян абулеб буго Лукъманица васасда, - салам кьолелъул, кIалъай гьабулелъул; дандчIвараб мехалъ берцинаб гьумергун, тамахаб рагIигун. ЧIухIарал чагIаз гIадин дуца гьездаса гьумер буссинабуге, гьел хIакъирлъун рихьун, хасго фукъарааздехун, дуца ращадги гьаре фукъараалги бечедал чагIиги».

 

Хадубги абулеб буго Лукъманица васасда: «Мун ракьалда тIад чIухIун хьвадуге, ТIадегIанав Аллагьасе рокьуларо чIухIарал чагIи. Дуца вилълъанхъиялъулъги цIуне гьоркьохъеб къагIида, ай цIакъго хехги гуреб, цIакъго хIинцги гуреб къагIида. Дуца, гIадамалгун кIалъалеб мехалъ гьаракьги гIодобегIан гьабе, ай гьавугьин кIалъай, ахIдон кIалъачIого, хасго дудасаго чIахIиялгун кIалъалелъул. Жиндилъ пайда гьечIеб жоялъулъги гьаракь борхизе гьабуге, масала, жамагIаталда рагIизе хIажатаб къадаралдаса цIикIкIун имамас гьаракь борхизе гьабунгутIиялда релълъун. Бищунго къабихIаб, рагIизе бокьулареб гьаракь хIамил буго».

Балагьеха диналъул агьлу, гьал малъа-хъваял цебе заманалда гьарун рукIун ратаниги, жакъа къоялъги гьалъул бугеб хIажалъи. Нилъер заманалда гIемер халлъула кIалъалаго, салам кьолаго гьумерги добехун буссинабун яги телефоналъ кIалъалел рукIунел хIужаби. ХIакъикъаталдаги гьеб кколеб буго чиясул хIурмат рехун тей. КIалъай байбихьулаго, берцинаб гьимигун рукIин, цIакъ къанагIалъун буго. КIиго багъизе биччараб хIелекогIадин рукIунел руго цоцада дандчIвалаго. Гьелъул хIасилалда цоцазул ракIхвейги кколеб буго. Гьеле цоги мисал халкъалда гьоркьоб лъикIаб тIабигIат цIуниялъе.

Цогидав чи гIодовегIанлъун вихьиги камулеб гьечIо. Хасго машина бачунезда гьоркьоб загьирлъулеб буго гьеб. Цо дагьабниги багьаяб машина рекIарасда цогидал берзукьго чIезехъин гьечIо. Нухда унаго цоцазе квалквал гьабулеб буго, хасго дагьабниги учузаб машина бугесе нух кьезе бегьулебинго кколаро.

Цоцада кIалъалаго гьаракь борхиялъул гIорхъи цIунизе лъалеб гьечIо. Хасго гIемерал гIадамал ракIарараб бакIалда, цогидазул рахIат холеб букIиналъухъ балагьичIого, ахIдон гаргадулел руго. Гьеб сабабалъе ккун цоцада гьоркьоб рагIи-хабарги кколеб буго.

Исламалъ рихьизарурал, чIахIиял вализабаз малъарал нухал ккуни, халкъалда гьоркьоб гьуинлъи, цоцаде хIурмат, рокьа-хинлъи цIикIкIуна. Дунялгун ахират битIула. Амма гьелъул гIаксалда хIалтIани, я дунялалъул рахIат лъаларо, я ахираталда рохел бихьуларо. Аллагьас кумек гьабеги нилъее кинабниги лъикIабщиналъе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...