Аслияб гьумералде

Щукруялъул хIакъикъат

Щукруялъул хIакъикъат

Щукруялъул хIакъикъат

БетIергьан Аллагьас абулеб буго муъминзабазда: «Нужеца щукру гьабуни, нужедаса мустахIикълъиго гьечIого Дица кьурал рехсарал нигIматазе ва гьелго нигIматазе щукру гьабуни гьел нигIматал рихьиялдалъун, нигIматал кьурав МунгIим, ай БетIергьан Аллагь вихьиялдалъунги, ай нигIматал кьурав чи Аллагь вукIин лъаялдалъунги, Жинде иманги лъуни, гьеб мехалда рукIуна нуж хIакъикъаталда Диде иман лъураллъун ва Дица гIазабалдаса цIунараллъун». Щукруялъул хIакъикъатго МунгIим вихьи ккола, ай Аллагь вати, Дов лъай.

 

Цогидаб аяталда буго: «Аллагь вуголъана, кьурал нигIматазе мукIурлъун, Жиндие щукру гьабурав лагъасе, гьелдаса разилъун, дагьаб букIаниги гIибадаталде данде цIикIкIун ажро-кири кьолевлъун ва щукру гьабулелги гьабуларелги Жинда лъалевлъун».

ГIали-асхIабасдасан бицана: «Нужехъе щвараб мехалда БетIергьан Аллагьасул нигIматазул цо рагIал, ай дагьабго къадар, нужеца тIуризабуге гьел нигIматазул хадуб бачIине бугеб, щукру гьаби дагьлъиялдалъун». Жиндие щварал, кьурал нигIматазда рекъараб щукру гьабичIесе рикIкIадасел, ай тIадегIанал нигIматал щоларо.

ТIадегIанав Аллагьас Муса аварагасда абун буго: «Дица жужахI бижичIо бахилав вукIун гуреб, киниги Дие бокьичIо Дир тушбабиги Дир вализабиги цо рокъор данде гьаризе», - ян. ТIадегIанав Аллагьас жинда тушманлъи рагIизабурав чиясдаса талихIкъарав чи щивха вукIинев?

ХIасил, нигIматазе щукру гьабиялдалъунги, БетIергьан Аллагь цо гьавун, Гьесда иман лъеялдалъунги гурони инсан хвасарлъуларо жужахIалъул цIаялдаса. Гурони, гьев чи вукIуна жиндирго напс жинцаго гIазабалде бачаравлъун. КантIе, гIадамал!

(СагIид-афандиясул рухIияб ирсалдаса

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...