Аслияб гьумералде

ГIабдулхаликъил Гъуждуванияс жиндир магIнавияв вас Авлиякабирие гьабураб васият

ГIабдулхаликъил Гъуждуванияс жиндир магIнавияв вас Авлиякабирие гьабураб васият

Я дир вас, дир дуе васият буго дуца гIелму, адаб, такъва лъазабе киналго хIалазулъ. Кидаго тIаса бище вахчун вукIин. Кинал ругониги хIужабазда яги документазда гъоркь дурго цIарги хъвачIого букIине хIаракат бахъе.

 

ХIукму къотIулеб махIкаматалда гъорлъги гIахьаллъуге. Цонигияв вачIинавизе гIоло гъоркьги чIоге. ГIадамазул васиятазда гьоркьовеги лъугьунге. Ханзабазулгун гьезул лъималазулгун гьалмагълъиги гьабуге. РибатIалги раге, гьенив жанив гIодов чIунги вукIунге. ШигIрабазухъ гIенекки гIемер гьабуге. Гьеб гIемерлъиялъ нифакъ лъугьинабула ва ракI хвезабула. ШигIрабахъ гIенеккиялде инкарги гьабуге, гьелде гIенеккулел гIемер ругелъул.

Калам, тIагIам ва макьу дагьавлъун вукIа. Халкъгун жуваялдаса тIура, гъалбацIалдаса кинниги ва халваталда вукIиналда тIадчIей гьабе. ГIисинал лъималгун, руччабигун, бидгIачагIигун, бечедалгун, чIухIаралгун ва гIадатияб халкъгун гьалмагълъи гьабун кидаго цадахъ вукIиналдаса цIуне мунго.

ХIалалаб кванай, шубгьаялдаса цIуне. Хъизанги гьабуге, гьеб гьабуни, дунял тIалаб гьабизе ккун, дин ина гьороца босун унеб хIургIадин. Велъанхъиги гIемер гьабуге, кIаркIадун велъиялдасаги цIуне. ГIемер велъиялъ ракI хвезабула.

Щивав чиясде мун балагье гурхIалидалъун. Цониги чи хIакъир гьавуге. Дурго загьир берцин гьабиялда тIад хIалтIуге, гьеб берцин гьабиялъ бицуна батIин хвей. Цониги чиясулгун дагIбаги гьабуге. Щибго жо цониги чиясдаса тIалабги гьабуге. Дуего хъулухъ гьабейин цогидасдеги буюруге.

Машаихзабазе хъулухъги гьабе боцIудалъун, черхалдалъун ва рухIалдалъун. Гьезул цониги ишалде инкарги ккоге. Машаихзабазде инкар ккурасе киданиги талихI кьоларо. Дунялалдалъунги, гьелъул агьлуялдалъунги гуккаравлъунги вукIунге мун.

Кидаго рекIеда ургъел чIваравлъун вукIине рекъараб буго. Черх унтаравлъун, бадиса магIу бачIуневлъун, гIамал бацIцIадавлъун ва дугIа хIелун гьабулевлъун вукIа.

РетIел басриявлъун вукIа. Гьудул, ритIухъав тIалиблъун вукIа дур. Аслияб мал факъру букIа, рукълъун мажгит букIа ва дур ракI гъезабулевлъун Аллагь вукIа.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....