Аслияб гьумералде

Хириял гIужал гIагарлъулел руго

Хириял гIужал гIагарлъулел руго

ХIурматияб исламияб агьлу, гьале исанаги тIаде щолел руго хириял моцIал. БетIергьанас нилъее нигIматлъун кьураб мех ккола гьеб. Кинха букIинареб, гIадатияб гьабулеб гIамалалъухъ чанцIулго цIикIкIун кири кьолеб мехалда. Дунялалъул щибаб ишалъул букIуна жинда хасаб пайда-хайир, гIурус мацIалда гьелда сезонин абула. БетIергьанас нилъее, ай бусурбабазеги кьун буго гIибадат гьабизе лъагIалида жаниб хирияб лъабго моцI. Гьелги ккола ражаб, шагIбан ва рамазан моцIал.

 

Гьел моцIазда гьабураб гIамалалъул кири цIикIкIинабула. Гьелъул хIикматги батила нилъеца гIибадат гьабиялда тIадчIей гьабиялде цIикIкIараб жигар гьабизе букIине. Бокьараб хIалтIуда жаниб бугеб хайираб сезоналда цIикIкIараб жигар кьун, свак тун хIалтIула, гьаб заман иналде хIаракат бахъула лъикIаб хайир бакIаризе.

Гьединаб заманалда тохго чIолев чиясда гIадамаз гIабдалин, ахIмакъин абурал гIодорегIанал цIаралги лъола. Щайгурелъул, гIемер щвезе ресги букIаго дагьалда гIей гьабулесда цIодоравинги кинха абилеб.

Гьединаб кIвар магIишаталда хурхараб жоялъе гурони нилъеца кьолареблъи лъикI гьечIо. Гьелдасаги кIудияб милат гьабизе рекъараб буго гIибадаталда хурхараб, Аллагьасе мутIигIлъиялда аскIобги. БетIергьанас нилъ рижиналъе сабабго Жиндие гIибадат гьабилъидал кколеб. Къуръаналда гурищ абун бугеб: «Жиналги инсалги Дица рижичIо Дие гIибадат гьабизе гурони», - ян. Дунялалъул боцIи-магIишаталда хурхун гьедин абун гьечIо Халикъас.

Гьединлъидалин хириял моцIал тIаде рачIиндал гьабулеб гIамал цогидаб мехалдаса цIикIкIинабизе хIаракат бахъизе рекъолеб. ГIадаталда нилъеца гьабулелдаса цIикIкIинабизе яхI бахъани, ахиралда рохила. Гьаб бицаралдаса магIна кколаро гьел моцIаз гIибадатги гьабун цогидал моцIаз эркенго рукIине кколин абураб. Сезоналъул заманалда лъикI хIалтIаниги цогидаб заманалда рахIаталда рукIунарогури нилъ дунялалъул ишазда жанир.

Аллагьас кьураб нигIматалдаса пайда босиги ккола адабалдаса. Балагье, нилъедаго гьоркьоб цонигияс цогиясе лъикIлъи гьабулеб бугони гьеб нахъчIвай яги пайда босичIого тей адаб гьечIолъи кколарищ. ХIатта гьединаб бакIалда лъикIлъи къабул гьабиялдаса инкар гьаби рияъ кколинги буго. Гьединги букIаго, Аллагьас нилъее кьолел нигIматаздаса пайда босичIого чIейги нигIматалъе капурлъи ккезе рес буго.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...