Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

– Дуца хIикмат босе, гьелъ дуе зарал гьабиларо, киса гьеб босун батаниги.

– Муъминчиясулъ гурони данделъулареб кIиго пиша буго: сахаватлъи ва тIабигIат берцинлъи.

– Муъминчиясулъ данделъулареб кIиго пиша буго: бахиллъи ва тIабигIат квешлъи.

– Кинабго халкъ Аллагьасул рагIият буго. Аллагьасе гьезул бищунго вокьулевги жиндир лъималазе пайда цIикIкIарав вуго.

– Ишазулъ бищун лъикIал - гьоркьохъел руго.

– Ризкъиялъул лъикIаб - мун къосинавулареб ва машгъул гьавулареб буго.

– ГIамалалъул бищун лъикIаб - дунял тей буго зикруялъ дур кIал биччизабун букIаго.

– Нужер бищун лъикIав - нужерго агьлуялъе лъикIав вуго. Дунги дирго агьлуялъе лъикIав вуго.

– Нужер бищун лъикIав - дун хун хадув дир агьлуялъе лъикIав вуго.

– ГIадамазул бищун лъикIав - гьезие бищун пайдаяв вуго.

– ЛъикIлъиялде тIоритIулев - гьеб гьабулесда релълъун вуго. Квешлъиялде тIоритIулев - гьеб гьабулев гIадинавго вуго.

– ДугIа - гIибадаталъул нах.

– Жинда щаклъулеб те, щаклъулареб гьабе. БитIараб бицин ракIалъе парахалъи буго. Гьереси бицин - щакдари буго.

– Дунял - муъминчиясул туснахъ ва капурчиясул алжан.

– Дунял буго нилъеда цебе бугеб къайи-цIа, лъикIасги квешасги жиндаса кваналеб, ай пайда босулеб.

– Ахират буго битIараб къотIи, жинда жаниб гIадлу битIарав ханас хIукму гьабулеб. ХIакъаб хIакъаблъун ва батIулаб батIулаблъун гьабула. Нуж рукIа ахираталъул лъималлъун. Дунялалъул лъималлъун рукIунге. Щайгурелъул щияй эбелалда лъимал нахърилълъуна.

– Дунял буго кинабго къайи-цIа, гьеб къайиялъул цIакъабги лъикIай чIужугIадан йиго.

– Дунял – ахираталъул хур.

– Аллагьасул тIехьгун свере нуж кирехун свераниги.

– Дин – насихIат.

– Чиясул дин – гIакълу. ГIакълу гьечIесул динги гьечIо.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...