Аслияб гьумералде

Бичасул авараг ﷺ ва ягьудияв

Бичасул авараг ﷺ ва ягьудияв

Бичасул авараг ﷺ ва ягьудияв

Гьаб халкъул гIалам жиндие гIоло бижарав, халкъалъулго хирияв МухIаммад ﷺ аварагасул мугIжизатал гIемерал руго. Гьединго тIабигIат берцинлъиялдеги гьесде щварав чи дунялалда жеги вахъинчIо. Гьесул мугIжизаталъе, гьединго лъикIаб тIабигIат букIиналъе мисаллъун бачунеб буго цо гьадинаб къисаги.

 

Мадинаялъул рагIалда вукIаравила цо беццав ягьудияв, кидаго нухда гIодовги чIун МухIаммад ﷺ авараг жинца какулев. Гьединав чи гьев вугониги, щибаб къойил радал Бичасул авараг ﷺ унев вукIун вуго гьев кваназавизе ва гьесул къваригIел тIубазе. Амма гьесдехун щибго каламгм гьабулеб букIун гьечIо. Дунялалдаса накълулъизегIан гьабун буго хирияс ﷺ гьев беццав ягьудиясе хъулухъ.

Бичасул авараг ﷺ дунялалдаса абадияб рокъове накълулъун хадуб заманалда Абубакар-асхIабас ГIаишатида гьикъун буго, жинца тIубачIеб цониги суннат хутIун бугодайин абун. Гьелъ жаваб гьабун буго, дуца киналго тIаразарунин цо суннат хутIизегIанин абун. Щиб гьебин гьикъараб заманалда бицун буго Бичасул авараг ﷺ щибаб къойин унаанин пуланав беццав ягьудияв кваназавизе.

Абубакарицаги къасд лъун буго гьевго ягьудиясухъе ине. Цадахъ квенги къваригIара-тарабги босун, гьесухъеги щун, хъулухъ гьабулелъул гьес абун буго дол хIеренал кверал гурин гьал, цощинав батIияв чийищин мунилан абун. Цинги Абубакарица бицун буго цеве духъе МухIаммад авараг ﷺ вачIунаанин, гьанже жив вугин абун. Бичасул авараг ﷺ накълулъанин, гьанже жинца гьабизе бугин дуе хъулухъилан абун. Гьеб хабар рагIарав ягьудияв цинтIаго туркIула, виххула, гIодула. Бичасул авараг ﷺ жиндие хъулухъ гьабулев вукIин лъайдал гьеб бакIалдаго шагьадатги битIун исламги босана.

Гьаб къисаялъ нилъеда бичIчIизабулеб буго кинаб тIабигIат Бичасул аварагасул ﷺ букIарабали, гьединго кинаб гьоркьоблъи гьес цIунулеб букIарабали цогидал диназул ракълида ругездехун. Бищунго аслияб, кинаб хIасил гьелъул ккарабалиги.

Цогидаб хIадисалда буго, Бичасул аварагасул ﷺ вукIанин ягьудияв мадугьал абун. Гьесул васас хъулухъ гьабулаанила хирияв аварагасе ﷺ. Гьев унтун вугин рагIидал, цадахъ асхIабзабиги рачун, МухIаммад ﷺ авараг анила гьесухъе ваккизе. ЛъикIаланго унтун гьев ватидал, хирияс ﷺ гьесда абунила шагьадат битIун ислам босейилан абун. Гьев вас инсухъ балагьанила. Гьебго жо цоги нухалъ такрар гьабунила аварагас ﷺ. Нахъеги гьев вас инсухъ балагьун чIанила. Цинги инсуца абунила Абулкъасимица малъараб гьабейин абун. Васас шагьадатги битIанила. Цинги къватIиве вахъунаго Бичасул аварагас ﷺ абунила ворчIанинха гьев жужахIалъул цIаялдасаян.

Гьадинаб гьоркьоблъи букIана Бичасул аварагасул ﷺ ракълида ва божилъиялда ругел ягьудиязулгун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...