Аслияб гьумералде

Залимасе кинаб дугiа гьабилеб?

Залимасе кинаб дугiа гьабилеб?

Залимасе кинаб дугiа гьабилеб?

Гьаб дунялалда инсанасе бищунго захIматаб жо ккола жинда тIад цогияс, ай хIакимас, залимас, мадугьалас, гIага-божарал гIадаз зулмухIал гьаби. Гьелъул хIасилалда ккола дагIба-къец, хIатта биял тIейгицин. Исламалда жаниб буго кинабниги хIалалъе бихьизабураб нух. Бусурбанчиясе рекъола кинаб амру тIаде бачIаниги исламияб нух цIехезе жинда гьеб лъалеб батичIони, лъалеб бугони гьелда нахъвилълъун вукIине. Амма гьаб бакIалда гIемерав чиясда кIоларо жидерго рагIабазда ва пишазда хадуб хъаравуллъи кквезе.

ГIуламааз абуна:

«ГIадамазул рахчарал, балъгоял ахIвалал загьир гьаризе бегьуларо, гьеб свериялъе гIоло гIадамал гъибаталъулъе ккезе гьариялде. Гьел къватIир чIвазарурав чи живгоги кколев вукIиналъе гIоло жиндехун бугеб божи хвеялъулъе ва гIадамал жинда щакдариялъулъе. Кинниги жинда зулму гьабурав чиясе бегьула, жинда гьабураб зулму загьир гьабизе, жинца абиялдалъун, ай бициналдалъун, масала, «Дир бикъана, дихъа бахъана», - ян абиялда релълъун. Ва гьединго цо чи жинде хьамиялдалъун кIалъани, гьесиеги бегьула, досде данде рагIи абизе, дос абуралда релълъун, ай дос абуралдаса тIаде цIикIкIине гьабичIого».

Ибну ГIабасицаги абуна:

«ТIадегIанав Аллагьасе бокьуларо, ай рихараб буго, цо чияс цогидасе квешаб дугIа гьаби, жинда зулму гьабурав чи хутIун. Гьесие буго рухса жинда зулму гьабурав чиясе дугIа гьабизе, ай тIубараб изну, ихтияр гуреб, гIицIго рухса. ДугIаги гьабичIого, Аллагьасде тIамун зулмучиги тун, гьеб зулмуги хIехьон, сабруги гьабун чIани, гьеб цIакъго лъикIаб буго».

Гьалъул хIакъалъулъ ХIасанул Басриясги абун буго:

«Жинда зулму гьабурав чияс жинца зулму гьабурасе, зулмуялдалъун дугIа гьабуге, кинниги гьес абе: “Я дир Аллагь! Дуца дие кумек гьабе гьесда тIад бергьине. Я дир Аллагь! Дуца гьесухъа бахъе дие бугеб хIакъ. Я дир Аллагь! Дуца пардав гьабе дидаги досие бокьаралдаги гьоркьоб” ва гьалда релъаралдалъун», - ян. Аллагь жиндаса разилъаяв Абубакриде цо чи чанго нухалда кIалъана хьамиялъул рагIабаздалъун, свалат-салам лъеяв Аварагги аскIов вукIаго.

Аллагь разилъаяв Абубакарги вукIана вуцIцIун чIун. Ахиралдаги Абубакарица дов чиясде данде рагIи абуна. Свалат-салам лъеяв Авараг тIаде вахъана. Цинги Аллагь разилъаяв Абубакрица абуна: «Я Аллагьасул Расул! Гьав чи диде хьандана, дица щибго жоги абичIо, мунги кIалъачIо, ахиралдаги дун досдехун кIалъайдал, мун тIаде вахъана» - илан. Свалат-салам лъеяв Аварагас жаваб гьабуна: «Мун кIалъачIого чIаравгIан заманалъ, дуе гIоло гьев чиясе жаваб гьабулев малаик вукIана, мун кIалъайдал малаик нахъе ана, шайтIан бачIана, дунги тIаде вахъана», - ян. Цинги рехсараб аятги рештIана.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...