Аслияб гьумералде

ГIумру бигьаго кин тIамилеб?

ГIумру бигьаго кин тIамилеб?

ГIумру бигьаго кин тIамилеб?

Дунялалъул рокъоб къварилъиялда рукIуна гIемерал гIадамал. Жиндирго рокъов цо-цояв хъизан-лъималгун кьалда ватула. Гьединго хIалтIуда рукIуна къацандилел. ХIукуматалъул гIуцIи данде кколаро, хIатта гIага-божаразда гьоркьовги данде кколев чи вукIунаро. ХIасил гьабун абуни, гьединав чиясул гIумру уна сундаго рази гьечIого, киназулгунго кьалги ахIун. Гьелдаса кIудияб гIазабги кинабха букIинеб чиясе? БукIа абе гьесухъ гIемераб бечелъи яги хIакимлъи, щиб пайда бугеб гьединав чиясе щокъроб къараб гIумруги букIаго? КигIан гIемер бугониги гьев разияв вукIине гьечIелъул.

 

РачIаха исламалъул цIадирабазда лъелин гьединаб хIал. Бичасул Аварагас ﷺ гIумруялда жаниб ккараб, гьабун араб жоялда жеги абичIо щай гьабурабин абун. Щайгурелъул гьеб буго БетIергьанасул къадаралдалъун лъугьараб, Гьесие бокьун ккараб иш. Щайин абиги Аллагьасде данде вахъиналда релълъуна гьединаб макъам бугесе.

Жиндаса Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабас хъван буго Абумусал АшгIариясухъе: «Кинабниги лъикIлъи буго разилъиялда жаниб. Бажарани - разилъа, бажаричIони - сабру гьабе», - ян. Щай гьедин ккарабин абун кIал гьикъеян абичIогури гьес.

Лукъманул ХIакимица васасе гьарурал васиятазда буго: «Дица дуе васият гьабулеб буго мун Аллагьасде гIагар, Гьесул ццим бахъиналдаса рикIкIад гьавулеб чанго пиша: дуца Аллагьасе гIибадат гьабе, Гьесдехун щивго чиги гIахьал гьавуге. Дуе бокьараб букIа, бокьичIеб букIа, Аллагьасул къадаралда разилъун чIа», - ян.

Абу Дардаица абуна: «Исламалъул гохIалъул бищунго кIудияб тIадегIанлъи буго - хIукмуялда сабру гьаби, Аллагьасул къадаралда разилъи, таваккал тIамиялъулъ ихлас букIин ва БетIергьанасе мутIигIлъи», - ян.

Аллагьасул къадаралда разилъун чIей ккола цIакъ кIудияб макъам. Унго-унгоги гьеб щвезе ккани, гIибадаталъул кIудияб гьир баччун, къад кIалал ккун, къаси сардал рорчIун, чехь бакъизабун, дунял рехун тун гIибадат гьабизе ккола. Аллагьас нилъее кьун буго гьеб щвезе бокьарав чиясе бигьаяб нухги. Гьебги ккола тIарикъат малъулел устарзабазухъе ун, гьезул тарбиялде гъоркье лъугьун, гьез малъухъе гIибадат гьаби. Гьеб мехалда бигьалъула инсанасе гIумруги, гIатIилъула дунялги, битIун ккола ахиратги.

Аллагьас кумек гьабеги кьуралда разилъун чIолеб нух балагьун хIалтIизе. Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...