Аслияб гьумералде

ХIайванал хьихьиялъул даража

ХIайванал хьихьиялъул даража

ХIайванал хьихьиялъул даража

ХIурматиял вацалгун яцал, хIалалаб магIишат гьаби гIибадаталъул бакIалда чIола, чияде ккечIого, жиндирго хъизан хьихьиялъул мурадалда бугони. Хасго росабалъ ругел гIадамазул бащдаб магIишат гIадаб жо ккола хIайванал хьихьи. Гьелъул хIалаллъи ва хиралъи лъаларищ аварагзабазул хIалтIи кинаб букIарабали лъани. Гьезул гIемерисезул хIалтIи букIана вехьлъи гьаби. Советазул заманалда кутакалда хайир цIикIкIараб магIишатги кколаан гьеб. Гьаб заманалдаги хайир кколареб жо гьеб гуро.

Амма гьанже боцIи хIебтIизе рес бугел росабазул гIолохъабазги гьеб хьихьулеб гьечIо. Щайгурелъул бигьаяб магIишат балагьун, дагьабниги захIмат бихьулеб гьабуларого букIун. Рахь-щарги тукадаса босун хIебтIулел руго.

Муслимгун Бухарияс бицараб хIадисалда буго Бичасул аварагас ﷺ абунин: «Цо чи унев вукIана нухда ва кутакаб къечги бергьун гьев ана гъуялде аскIове, цинги лъимги гьекъана. Гьениса тIадвуссунаго нухда бихьана гIемер къечеялъ ракь кунеб гьой. Гьесда ракIалде ккана дунго гIадин къечон бугин гьабгиян. Гъуялде тIадги вуссун, жиндирго хьитги бахъун, гьелда жанибе лъимги босун гьекъезе кьуна гьвеялъе. Гьеб ишалъухъ Аллагьас гьесие баркала загьир гьабуна ва гьесул мунагьалги чурана», - ян.

Цинги асхIабзабаз гьикъана хIайваназе лъикIлъи гьабуралъухъги кирийищ букIунебилан абун. Бичасул аварагас ﷺ жаваб гьабуна щибаб жоялъе, ай жинда рухI бугебщиналъе гьабуралъухъ кири бугилан. Балагьеха, бусурбаби, гьведуе цо нухалъ лъим кьунин абун Аллагьас гьев чиясул мунагьал чурун руго.

Пикру гьабеха, бусурбаби, квеш хьвадулей йикIарай гIаданалъул мунагьал, гьведул рухI хвасар гьабунин абун, чурулев Аллагь, цогидал хIайваназе хъулухъ гьабиялдалъун кигIандай вохила. БоцIи хьихьарав чияс кутакалда балагьизе ккола гьезда хадуб. Ракъун тани, мунагьги букIуна. Жаниб тIамун кету хвезабурай гIаданалъе гIазаб бугин абуна Бичасул аварагас ﷺ . Гьединлъидал дагьаб кIвар кьезе рекъараб буго берцинго гьел хьихьиялде. БоцIи хьихьулев чиясе, гьеб кириялде тIадеги, рес буго рахь-щаралдалъун садакъа гьабизеги. Садакъаялъ гурищ балагьалги нахъчIвалел, гIумруялда баракатги лъолеб.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...