Аслияб гьумералде

Гьукъараб даран

Гьукъараб даран

КигIан гIемер бицунеб бугониги, жидеего хайир бугеблъун бихьун, гIемер гIадахъго босуларо цо-цояз хIарамаб бугин абураб жо. Гьединазул цояб ккола риба хIалтIизаби. Аслияб куцалда гьебги букIуна налъуда гIарацги босун, нахъе цIикIкIун боси. Гьелъул хIасилалда кIуди-кIудиял налъабазде ккола гIадамал. Гьеб буго ислам бачIиналдего, жагьилияб заманалда букIараб гIадат.

Ислам бачIиналдего, жагьилаб заманалда гIарабазул букIана гьадинаб къагIида: масала, цо мискинчияс босараб мехалда бечедасухъа къарзалъ мал лъагIалидаса тIадбуссинабизе къотIиялда, цинги лъагIел индал гьеб налъи тIадбуссинабизе хIалкIвечIев мискинас абулаан: «Цоги лъагIелалъ те дихъ, дица дуе тIаде гьадигIанасебги кьела», - ян. Яги налъул бетIергьанас абулаан: «Дица духъ цоги лъагIалица тела, дуца дие тIаде гьадигIан кьуни», - ян. Гьаб хIалалда унаан сонал налъи бецIизе кIоларого, гьелъул хIасилалда мискинчиги кколаан кIудияб налъукье.

Гьаб гIадат хвезабун, риба хIарам гьабун рещтIараб буго рехсараб гьаб аят: «Ва гьал иман лъурал гIадамал! Нужеца кванаге рибаялдалъун щвараб боцIи-мал. Нуж ТIадегIанав Аллагьасдасаги хIинкъа гьеб кваназе, нужго Аллагьасул ццин бахъиналдасаги гIазабалдасаги цIунараллъун хутIизе». (Сура «Алу-ГIимран», аят 130)

Риба хIалтIизабулев чиясул хIакъалъулъ свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: «ТIадегIанав Аллагьас рахIматалдаса рачахъана риба кваналев, ай гьеб хIалтIизабулев чи, гьес кьураб кваналевги, рибаялъе нугIлъи гьабуравги, гьелъие кагъат, ай къотIи хъваравги, гьеб жинца хIалал гьабуравги», - ян.

Халгьабе, бусурбаби! БетIергьан Аллагьас иблис гIадин рахIматалдаса вачахъулеб пиша-гIамал кин хIалтIизабулеб гIакъилав чияс? Дуда лъай, риба хIалтIизабиялъ чи вачуна гIейго гьечIеб хIалалда дунял гьабиялде, хъантIиялде.

Свалат-салам лъеяв Аварагас абухъе: «Адамил лъимадул бугони кIиго кIкIал цIураб месед, гьелде тIаде гьес тIалаб гьабилаан лъабабилеб кIкIалги. Адамил лъимадул чехь цIоларо ракьалъ горони», - ян.

Риба босулев чиясул садакъа, закат, гъазават, хIеж ва как ТIадегIанав Аллагьас къабул гьабуларо. Свалат-салам лъеяв Аварагасги абун буго: «Бечедал чагIи Алжаналъуре лъугьуна фукъарааздаса щунусго соналъ хадур», - абун. Гьел бечедал чагIиги ккола шаргIияб нухалда гьабураб хIалалаб бечелъиялъул бетIергьаби. ХIарамаб нухалда данде гьабураб бечелъиялъул бетIергьабазул иш кинха букIинеб? ГьедигIан БетIергьанас гьукъараб риба хIалтIизабичIого тезе бокьуларелги камулел гьечIо. Аллагьас кантIизареги киналго бусурбаби! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....