Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ бусен

Аварагасул ﷺ бусен

Дунял пайда гьечIеб жо букIин Бичасул аварагас ﷺ жиндирго мисалалдалъун бихьизабуна нилъеда. Гьеб рагIи ритIухъ гьабула хириясул ﷺ кинаб бусендай букIараб къаси гьев вегулеб ва кин хIухьбахъи гьабулебали цIех-рех гьабуни.

Бичасул аварагасул ﷺ хъизаналда, жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатида, цIехон буго кинабин букIараб дур рокъоб аварагасул ﷺ бусенилан абун. Гьелъ жаваб гьабун буго, жаниб чамасдакил тIамах бугIараб тIомол бусен букIанин.

КигIанасеб гьеб букIарабали лъани, нечечIогоги кинха нилъ рукIинел? Хирияв МухIаммад ﷺ аварагасул бусадул халалъи букIана кIиго натI, ай гIага-шагарго цо метр ва гIеблъи букIана цо натIгун тIаде цо рокьобги, ай 70 см.

Гьелде тIадеги авараг ﷺ кьижулаан гIицIго туруталда тIад. ГIабдуллагь ибну МасгIуд абурав асхIабас бицун буго, гьитIинабго рокъов вукIарав аварагасде ﷺ тIаде щванила жив. Гьев ватанила туруталда тIадги кьижун, гьесул хьибилалда бугоанила гьелъул гIуж, сипат-сурат къаркъалаялда тIад гьабураб. Цинги жив гIоданила. Бичасул аварагас ﷺ гьикъанила щай мун гIодулев вугевилан абун. Жинцаги абунила, Кисрагун Къайсар ругин тамахал, дарайдул бусабазда, мунин абуни гьаб туруталда тIад кьижун вугин, жеги дур хьалбазда гьелъул асаргицин бугин. Мун гIодугейин абунила Бичасул аварагас ﷺ, гьезие дунял, нилъее ахират бугин.

Балагьеха, нилъеца босулеб рахIаталъухъги, хирияв аварагасул ﷺ гIумруялъухъги. Тамахлъи гIоларого, хIеренлъи дагьаб бихьун рукIуна нилъ. ХIакъикъаталдайин абуни гьаб дунял цIакъ къокъаб, пайда гьечIеб жо букIин жиндирго гIумруялъул мисалалдалъун бихьизабун буго Бичасул аварагас ﷺ. ХIатта ансариязул цо чIужугIаданалда гьесул къвакIараб бусенги бихьун, рокъоса босун щвезабун буго тамахаб квасул бусен. ГIаишат гьеб нахъе кьезе йитIун йиго, гьелда вегиялдаса инкарги гьабун.

«ИхIяалда» имам Гъазалияс хъван буго, лъимал гьоркьо-гьоркьоб къвакIараб бакIалда регизареян, кидаго тамахаб бакIалде ругьунлъичIого рукIине. Нилъер гьабулеб гьеб киналъулго гIаксалда буго. Дагьабниги къвакIараб яги гьогьомараб бакIалда лъимал яги нилъго регани, хвезе ратилин ккола ракIалде. Амма ахир руссунеб хабал донкIиниб бусенлъун дунялалда нилъеца гьабураб гIамал гурони батизе гьечIо. Гьединлъидал дунялалъул дагьаб заманалъул бусаби тамах гьарулел рукIинчIого, ахираталъул тахал щвезе рес бугеб гIибадат гьабизе лъикIаб ва тIадаб буго.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...