Аслияб гьумералде

ХIажатаб гуреб…

ХIажатаб гуреб…

ХIурматиял бусурбаби, инсан кинабниги къварилъиялдаса хвасар гьавулеб жо ккола хIажат гьечIеб калам дагь гьаби. Имам Гъазалияс абун буго, гIиналда рагIараб каламалъул зарал цIикIкIараб бугила ургьибе ккараб тIагIамалъул заралалдасаги. Щайгурелъул, квараб жо инсанасул къватIибе бачIуна, амма рагIараб ва абураб гIумруялъго жаниб хутIула.

 

ГIемер гаргади бегьулареб жойинго кколаро нилъеда. ГIемер кIалъай пайда гьечIеб жо ккола. ХIажатаб гурони калам гьабуларев чиясул кIалъайго букIунарин абила гьесда аскIове ккарас. ГьедигIанги дагьаб бицаниги гIолеб жо буго хабар. Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Калам гIемерав чиясул мекъи ккейги гIемерлъула. ГъалатI гIемерасул мунагьги цIикIкIуна. ХатIа гIемерлъарав жужахIалъе цIикIкIун рекъаравги вукIуна», - ян.

КIалъай дагь гьабиялъул мурадалда, жинда Аллагь разилъаяв Абубакар-асхIабас кIалдиб чIимих кколеб букIун буго. Ибну МасгIудица абулеб букIун буго, АллагьасхIаги, цониги жо гьечIин халатаб заманалъ жаниб тIамизе рекъараб, мацIалдасайилан абун. Жеги абулеб буго, жиндир заралалда хIинкъи бугеб жо букIиналъ бугин мацI бижун цабзазгун кIутIбуздалъун жаниб тIамураблъун.

ГIемер гаргадиялъ щибго пайда кьоларо. Гьелъул гIаксалда, зарал цIикIкIуна. АбичIониги бегьулеб жо абун уна. Цинги рагIичIониги бегьулеб жо рагIизеги рагIула. МацIалъ бицараб хIажат гьечIеб калам сабаблъун ккола тухумазда, миллатазда гьоркьоб питна-кьалги, чIвай-хъвеялде ккезе ресги буго.

Лукъманул ХIакимида абунила, чахъуги хъун, гьелъул бищун тIагIамаб жо босейин жидее кваназейин абун. МацIги ракIги босун вачIанила гьев. Цоги чахъуги хъун, гьелъул бищун нахъегIанаб лага босун вачIайиланги абунила. Гьаб нухалъги гьебго мацIги ракIги босун вачIанила. Гьедин гьабиялъе щиб хIикмат бугебин гьесда цIехедал, гьес абунила, инсанасда жаниб бугин кIиго лага, жиб лъикIлъиялдалъун тIубараб черхги лъикIлъулеб ва жиб квешлъиялдалъун хъублъулеб. Гьеб кIиябгоги мацIгин ракI бугин абун. 

Гьаб заманалда гIадамазул гIарз букIуна магIишат дандего билълъунеб гьечIин, щибго жо битIулеб гьечIин абун. Малик бин Динарица абун буго: «Дурго рекIел биццалъиги халлъараб мехалда, ризкъи дагьлъиги бихьараб заманалда дуда лъай хIажат гьечIеб калам гIемер гьабулеб букIин», - ян. РакI биццалъи гурищ кколеб гIибадаталдехун ракI унгутIи, какие квахIаллъи, какилъ васвасал гIемерлъи. КъваригIел гьечIеб калам дагь гьабуни, ИншаАллагь, рукIалиде ккела кинабго.

Нилъее цIакъ бокьула гIемер гаргадизе. Нилъеде кколаресулги хIакъалъулъ бицуна. Бихьуларищха, кинаб зарал тIаде цIалеб бугебали. Бичасул аварагас ﷺ хирияб хIадисалда абун буго: «ГIадамазда гьоркьор бищун мунагь цIикIкIарал руго бищун гIемер хIажат гьечIеб калам бицунел», - ян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...