Аслияб гьумералде

Аварагасде ﷺ салават битIиялъул пайдаби

Аварагасде ﷺ салават битIиялъул пайдаби

Аварагасде ﷺ салават битIиялъул пайдаби

– Аллагьасул ﷻ амру тIубай, "Сурату Ал- АхIзабалъул" 56 аяталда «Нужеца гьесде салават битIе»абун нилъеда амру гьабулеб бугелъул. Гьаб буго гьелдаса щолеб бищун кIудияб пайда. Гьеб кколеб бугелъул бацIцIадаб гIубудият (Аллагьасул ﷻ амру тIубай гурого, гIибадаталдаса цоги мурадги гьечIелъул).

– Лагъ Аварагасде ﷺ салават битIулев вугебгIан мехалъ малаикзабаз лагъасде салават битIулеб букIин.

– Салават битIарасе щибаб салават рикIкIун анцIго лъикIлъи щвей, анцIго квешлъи тIаса ин ва анцIго даражаялъ эхеде вахин. АнцIго лагъ тархъаравгIан кири щвей.

– Авараг ﷺ жинде салават битIулезе Къиямасеб къоялъ нугIлъун ва шафагIат гьабулев вукIин.

 – Нифакъалдаса вацIцIалъи ва жужахIалъул цIаялдаса хвасарлъи хъвай.

– Салават битIулев чи Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъ шагьидзабигун чIезави.

– Къиямасеб къоялъ гьесул гъеж Аварагасул ﷺ гъажалда цун букIин (гьевгун цадахъ вукIин).

– Гьев хвараб мехалъ салават гьесул хабада аскIобги чIун, гьесул мунагьал чури тIалаб гьабулеб букIин.

– Щибаб салават рикIкIун УхIуд мегIергIан кIудияб кири кьола.

– Гьелъ жужахIалде лъугьиналдаса гьукъула, хIата цо-цо салаватазул хIакъалъулъ бачIана гьеб салават цо нухалъ битIани 80 соналъул мунагь чурулилан абунги.

– Гьеб ккола Аллагь ﷻ разилъиялъе ва Гьесул ﷻ рахIматалъулъ тIерхьиналъе сабаблъун.

– Салават битIулезул данделъи батидал малаикзаби гьезда сверухъ лъугьуна ва гьел рахIматалъулъ тIерхьинарула.

– Гьеб ккола Аллагьасул ﷻ ццин бахъиналдаса боржел тIаде цIалеб ва лъикIаб гIамал цIадирабазда бакIлъиялъе ва Къиямасеб къоялъ къечеялдаса боржелалъе сабаблъун.

– СиратIалъул кьодаса унаго хъущтIиялдаса гьелъ квер ккола.

– Садакъа кьезе рес гьечIесе садакъаялъул бакIалдаги жиб чIола.

– Гьелъ пакъирлъи тIаса инабула.

 – Гьеб ккола лагъасул черхалда, гIумруялда баракат лъеялъе ва цогидал гьесие маслихIатал жалазе сабаблъун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...