Аслияб гьумералде

ДугIаялъул хиралъи

ДугIаялъул хиралъи 

ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо щоларо.

 

Гьес кьураб гьукъизеги, гьукъараб кьезеги кIолев чи зоб-ракьалда щивниги гьечIо. ХIатта, хьитазул чIалал рухьунеб мехалъцин Аллагьасда ﷻ кумек гьареян хIадис буго. Аллагьасде ﷻ мугъчIвай гьабурав, Гьесдаса кумек гьарарав чи Аллагьас ﷻ киданиги хьул къотIун теларо. Цогидал ханзабазда лагъ гьардаравгIан рихуна, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ Жиндирго лагъ гьардаравгIан вокьула.

Муъминчиясул цониги дугIа гIададисеб жолъун кколаро. Гьес гьарараб жо кьечIоницин, жибго дугIа гьаби гIибадатлъун хъвала. ГIатIилъиялда, сах-саламатго вугеб мехалъ Аллагьасде ﷻ кидаго гьардолев муъминчи къварилъиялде ккедал, Аллагьас ﷻ гьесул дугIа къабул гьабула.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жинда гьарараб жо яги гьарараб сагIаталъ кьола, яги гьеб гьарараб жоялда релълъараб тIаде бачIунеб квешлъи гьесдаса нахъчIвала, яги гьараралдасаги цIикIкIараб жо ахираталда кьола.

ХIадисалда буго: «Нужер цоясул дугIаялъе Аллагьас жаваб гьабула, гьев гIедегIинчIевгIан заманалда ва дица гьарана, Гьес жаваб гьабичIин абичIебгIан заманалда», - абун.

Цоги хIадисалъул ахиралда буго: «Дунялалда Аллагьас жаваб кьечIого тараб дугIаялъе ахираталда лагъасе кьолеб жо бихьараб мехалъ, лагъасда ракIалде кколила: «Дие дунялалда дица гьарараб жоялъул цонигияб кьунго букIинчIебани», - абун.

Аллагьасул ﷻ къадарги дугIаги Къиямасеб къо чIезегIан цоцолъ хIалтIулел рукIуна. ДугIа – муъминчиясул ярагъги, диналъул хIубиги, зоб-ракьалъул нурги ккола. Цо чиясе дугIаялъул рагьу рагьани, гьесие рахIматалъул рагьуги рагьула.

Вализабазул цояс абуна, жив хIинкъуларила дугIа къабуллъичIого хутIанилан абураб жоялдаса, жив хIинкъулила дугIа гьабичIого хутIилилан абураб жоялдаса. ХIатта, мунагьал цIикIкIунилан абунги дугIа къабуллъиялдаса хьул къотIугеян абун буго. Иблисалъ жиб Къиямасеб къо чIезегIан чIаго теян гьарараб мехалъ гьелъул гьари къабул гьабичIищ? Нилъер дугIаги къабул гьабиларищ, гьеб хьулалда рукIине рекъола нилъее. ГIемер гьарейилан хъвалеб буго гIалимзабазги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...