Аслияб гьумералде

ЛъикIай лъади

ЛъикIай лъади

Хириясул ﷺ хIадисалда буго: «ЛъикIай чIужу Аллагьас ﷻ кьурасе Гьес ﷻ бащадаб диналъулъ кумек гьабуна», - ян (Анас, ХIаким). Жидеда Аллагь ﷻ разилъаял асхIабзаби рукIана дунялалъеги жидеегоги цIикIкIун пайда бугелъул аварагасда ﷺ цIехолеллъун. Алжаналъуб даража, ажру-кири ва тIадегIанаб макъам щвеялъе сабабалъе букIине.

«Ат-тавбаталъул» 34 аяталда буго (магIна): «Жидеца гIарац данде бакIарулел, гьеб хазинаде цIунулел ва гьелдаса паризаяб закагIатги кьоларел, Аллагьасул ﷻ диналъе гIоло гъазават гьабизеги бокьуларел гIадамазда дуца рохел бице, МухIаммад ﷺ, цIакъ унтизабулеб жужахIалъул гIаза букIине бугин гьезие ахираталдайилан абун».

Савбан абурав асхIабас бицана: «Ниж рукIана авараггун ﷺ цадахъ сапаралда. Цинги цо-цо асхIабзабаз, цебе рехсараб аяталъул бицунаго, аварагасда ﷺ гьикъана хIажалъи ккедал кумеклъун букIине нахъе цIунизе бищун лъикIаб щиб нижее бугебилан. Аварагас ﷺ жаваб гьабун абуна: «Бищун пайдаяб ва бищун лъикIаб буго Аллагь ﷻ рехсолеб, Гьесие ﷻ рецц гьабулеб, Гьесдаса ﷻ мунагьал чури тIалаб гьабулеб мацIги, Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазе, лъикIлъабазе шукру гьабулеб ракIги ва диналъулъ квербакъулей муъминай чIужуги», - ян.

Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадаталъулъ кумеклъунги жий йикIуней, ай Аллагьги ﷻ аварагги ﷺ ракIалде щвезаюлей, зинаялдасаги рос нахъчIвалей муъминай чIужугIадан инсанасе щвей ккола дунял-ахираталъул талихI. Хирияв аварагас ﷺ, цебе рехсараб лъабго жо, ай Аллагь ﷻ рехсолеб мацI, шукру гьабулеб ракI ва муъминай чIужу, жавабалъе хасс гьаруна гьездаса инсанасе гьаб ракьалда пайда цIикIкIун щолеб жо гьечIолъиялъ. БоцIи-мал буго нилъеца цIунизе кколеб жо ва амма гьал цере рехсарал жал руго дунял-ахираталда нилъ цIунулеллъун.

Лъадуца кидаго диналъулъ ва дунялалъулъ кумекги гьабулеб бугони, кидаго Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялдеги рос ахIулев вугони, хIалалаб ризкъиялдеги гьесизавулев вугони, рокъоса къватIиве унаго «ракъи нижеда хIехьезе кIола, амма Аллагьасул ﷻ гIазаб хIехьезе кIвеларо, гьединлъидал гьарула хIалалаб ризкъигун тIадвуссайин» абулебги бугони ва лъималазе битIараб, динияб тарбияги кьолеб бугони, дур эбел-инсул, гIагарлъиялъул адабги гьабулеб бугони, гьеб мехалъ аварагас r абухъе - «ГIадамаз бакIарулелъул бищун лъикIалдасан гьеб чарагьечIого ккола. Аллагьас ﷻ щивасе кьеги ункъункъ гьединал муъминал руччаби», - ян аби битIараб букIинарищ.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...