Аслияб гьумералде

ЗакагIаталъул баян

ЗакагIаталъул баян

ЗакагIаталъул баян

ЗакагIат бахъи ккола мискиназе цIакъ пайда бугеб жо. ЗакагIат ккола исламалъул аслабазул цояб, гьеб тIадаб букIиналъе далил Къуръанги, хIадисги, ижмагIги буго. Гьелде инкар гьабурав чи капурлъула.

Аллагьас ﷻ закагIат тIад гьабиялда жаниб гIемерал хIикматалги пайдабиги руго. ЗакагIат бахъиялъ мискинлъи тIагIинабула, мискиназдаги бечедаздаги гьоркьоб вацлъигьуинлъи щулалъизабула, ракIал сахаватлъизарула, къарумлъиялдасаги бахиллъиялдасаги ракIал рацIцIад гьарула, боцIуда баракат лъола, боцIудаса балагьал нахъе чIвала ва гь. ц. ЗакагIат бахъичIеб месед-гIарац цIаялъ махх кинниги багIаризеги гьабун, гьеб бахъичIел ва гьеб хазинаде цIунарал гIадамазул надаздаги, хьалбаздаги, мугъаздаги цвизабула, гьезул гьанги бежизабула.

«Гьаб буго закагIат бахъичIого нужеца хазинаде цIунараб боцIи, гьанже нужеца гьелъул гIазаб чIаме», - ян гьезда кIалги гьикъула. Къиямасеб къоялъ закагIат бахъичIого тарал хIайванал бищунго чIахIиял хIайваназдеги сверун, гьез закагIат бахъичIев боцIул бетIергьанасда лълъурдул тункула, бохдуз мерхьула, гьедин гIазабалда вукIуна МахIшаралда гIадамазул хIисаб-суал гьабун бахъинегIан. ЗакагIат бахъичIеб боцIи рас хIуларал, кIиябго беразда гьоркьоб кIиго тIанкI бугел, чIахIиял аздагьабазде, борхьазде сверула ва гьел борхьал закагIат бахъичIев чиясул габуралдаги жемула, гьез абула: «Ниж ккола дуца закагIат бахъичIеб боцIи», - ян.

ЗакагIат ккола мискинзабазул боцIи, дунялалда кьечIеб закагIат Аллагьас ахираталда бецIизабула. Чи хвараб мехалъ гьес нахъе тараб боцIудаса васият тIубалелде, ирс бикьилелде, садакъа гьабилелде, цин бахъичIого тараб закагIат бахъизе ккола. ЗакагIат бахъичIеб боцIуда балагьал рещтIуна, баракат гьечIолъи бихьула. ЗакагIат тIалъулев чи вукIине ккола бусурманав.

БалугълъичIеб лъимералъулги гIантав чиясулги боцIуда закагIат тIалъула, амма гьезул боцIудаса закагIат валияс бахъула. ЗакагIат тIалъулеб къадаралде боцIиги бахине ккола, боцIуца лъагIелги сверизе ккола. ЗакагIат тIалъула меседгIарацалдаги рукъалъул хIайваназдаги (варанабаздаги, чIегIерхIайваназдаги, гIиядаги) дармил къайиялдаги, пихъидаги (чамасдак-цIибилалда), тIощалида, рекьулел мугьазда (ролъ, пиринчI, бугIа, цIоросаролъ, огоб, гьоло ва гь. ц. магIданаздаги.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...