Аслияб гьумералде

Нилъеда лъазе ккола…

Нилъеда лъазе ккола…

Нилъеда лъазе ккола…

Нилъеда лъазе кколеб жоялдасан буго диналъул аслу лъабго пишаялда бараб букIин: иманалда, исламалда ва суннаталда. Гьабулеб гIамалалъулъ цояб камун, цогидаб цIунун гьабуралъ хIасил кьоларо, букIине ккола лъабабго цIунун. Гьеб буго диналъ нилъедаса тIалаб гьабулеб жо.

 

 

 

Иман буго нилъ Аллагьасда ﷻ, Гьесул малаикзабазда, тIахьазда, илчизабазда, къиямасеб къоялда ва лъикIаб бугониги, квешаб бугониги бихьараб хIукму-къадаралда, БетIергьанасдасан ﷻ бугин абун божи.

Аллагьасда ﷻ иман лъеялъул магIна ккола, нилъеца Гьев ﷻ Жинца гьабулеб ишалъулъ гIахьаллъи лъицаниги гьабуларев, цохIо вугеблъиялда ракIчIей гьаби. Жиндие ﷻ авал гьечIев, цевегосев. ЧIагояв, киданиги холарев. Кинабго гIалам хун хадубги, Жив нахъе хутIулев. Жиндие тIаса ин гьечIев. ГIадамазулги, женазулги, хIатта ракьалда хъурщун унеб кигIан гьитIиналъулги гьаракь рагIулев, кинабго бихьулев. Кинабго Жинда лъалев, Жив кIалъалев. Муъминзабазда Жив ахираталда вихьулев, сундаго хIалкIвей бугев. Кинабниги лъугьунебщинаб бокьулев, амма квешалда разилъуларев.

Гьединго, ракIчIун божизе ккола Аллагьасе ﷻ ругел киналниги сипатал, сунданиги жидеца релълъенлъи гьабуларел, церегосел ругеблъиялда. Жеги ракIчIей гьабила, Гьев ﷻ вугин жиндие кваранаб, квегIаб рахъ, бакI гьечIев, Жив заманалъ хисизавуларев ва Жиндие заман хисуларевин абун. Гьединго лъазе кколелдасан буго, Аллагь ﷻ кинабниги гIалам Жинца бижарав, сундениги Жиндир хIажалъи гьечIев вукIиналда.

Малаикзабазда иман лъей ккола нилъеца ракIчIезаби гьел ругин Аллагьас ﷻ рижарал лагъзалин абун. Гьесие ﷻ лагълъи гьабун гурони цо лахIзаталъниги гъапуллъун ва гIасилъун кколарел, кваналарел, гьекъоларел махлукъатин.

Малаикзаби хвезеги хола, гIадамалго гIадин, къиямасеб къоялъ тIадеги рахъинарула.

ТIахьазда иман лъей ккола, ЖабрагIил малаик гьоркьов ккун, Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал киналниги тIахьал БетIергьанасул ﷻ калам бугин абун ракIчIей. Жибги махлукъияб бижараб гуреб.

Аллагьас ﷻ, ЖабрагIил малаик гьоркьов ккун рещтIарал руго тIахьалги тIанчалги. Киналго дандекъан халгьабураб мехалда, гьелги рукIана 104. ТIахьаздалъун рещтIарал ккола: Муса аварагасде – Таврат, Давудиде – Забур, ГIисаде – Инжил, МухIаммадиде - Къуръан. ТIанчаздалъун абуни: Адам аварагасухъе – 10 тIамач, Шис аварагасухъе - 50, Идрисихъе – 30 ва Ибрагьимихъе – 10.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...