Аслияб гьумералде

Хисизабизе кIола

Хисизабизе кIола

ГIараб мацIалда «хулукъ» абураб рагIи хаслъула чиясул жанисеб тIабигIаталъул рахъалда. Аварагасул ﷺ тIабигIат нилъее мисаллъун буго.

 

Инсанасул къватIиселги жаниселги хаслъабазе лъикIалги квешалги хасиятал руго. Гьел хаслъаби рижаралищ яги щваралищин абураб суалалда тIасан гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго. Цояз гьел рикIкIуна рижараллъун, цогидаз - щвараллъун. Амма пикру гьабидал бихьула киналго хаслъаби тIабигIияб аслуялдаса рукIин, ай Аллагьас ﷻ инсанасда жаниб лъураб. Гьел хаслъаби лъикIлъизеги квешлъизеги бегьула. Гьедин букIинчIебани, Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ хIадисалда абилароан: «ХIакъикъаталдаги дун рещтIана инсанасул гIамал-хасият камил гьабизе», - ян. Гьединго Аварагас ﷺ жиндирго дугIаялда Аллагьасде ﷻ хитIаб гьабилароан гьадинал рагIабаздалъун: «Я Аллагь, Дуца дир сипат-сурат берцин гьабураб гIадин, дир гIамал-хасиятги берцин гьабе», - ян.

Аварагасда ﷺ кIвезе букIанищ гIадамазул яхI-намус, тIабигIат хисизабизе, гьел хисизаризе кIолел рукIинчIебани? Жаваб нужедаго бихьулеб буго. ТIабигIат лъикIлъула лъикIал ишал гьариялдалъун, дин лъазабиялдалъун, гIелму щвеялдалъун ва жидерго нафсгун гьоркьоса къотIичIого къеркьеялдалъун.  Гьал далилаз бихьизабула инсанасул хасият хисизе бажарулеб букIин. Гьелъие бачина гьаб мисалги: «Ислам бачIиналде цебе гIарабиял хъачагъаллъун рикIкIунел рукIана. Гьезие гIадатлъун букIана загIипазда зулму гьаби, мехтел, ришватчилъи ва гьелда релълъарал цогидалги хъубал ишал. Амма Аварагасул ﷺ асаралдалъун гьел гIадамал хисана, ритIухъаллъун, хIалималлъун, сахаваталлъун лъугьана.  «Аш-Шифа» тIехьалда Къази ГIиязица хъван буго: «Вагьбу ибн Мунаббагьица абуна: «Дица цIалана 71 тIехь. Ва гьел киналго тIахьазда дида бихьана Авараг ﷺ гIадамазда гьоркьоса бищунго гIакъилав, бищунго битIараб пикруялъул бетIергьан вукIин», - ян.

Къуръаналда Аварагасе ﷺ тарбия кьеялъул гIемерал мисалал руго, амма гьеб тарбия кьеялъул тIоцебесеб мурад ккола Аварагасдасан ﷺ нур халкъалде щвей. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие ﷺ Къуръаналъул тарбия кьуна, цинги гьев ﷺ лъугьана гIадамазе насихIатчилъун. Аварагас ﷺ абуна: «Дун витIана тIабигIат камил гьабизе», - ян.

Авараг ﷺ тIадегIанаб тIабигIаталде вахиндал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие рецц гьабуна: «ХIакълъунго, мун кIудияб тIабигIаталъун даражаялда вуго», - ян.

 

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...