Аслияб гьумералде

Кида ццим бахъине кколеб?

Кида ццим бахъине кколеб?

Ццим бахъин кидаго гуро лъикIаб гуреблъун бугеб. Руго гьеб бахъине бегьулелги, бахъине рекъаралги ва бахъине кколелги бакIал. КIвар бугеб жо сундуе гIоло гьеб бахъунеб бугебали лъай, ай жиндирго напсалъул мурадазе гIолойищ яги Аллагьасе гIоло хIакъаб жоялдайищ абураб.

 

ГIаишатидасан бицун буго: «Аварагасул ﷺ гIамал-хасият букIана Къуръаналда рекъараб: Аллагь ﷻ разилъулеб жоялдаса гьев разилъулаан, Аллагьасул ﷻ ццим бахъинабулеб жоялда ццимги бахъунаан».

Имам ШафигIияс абун буго: «Ццим бахъине бегьулеб ва бахъине кколеб жоялда ццим бахъунарев чи хIама вуго», - ян («ФатхIул Мубин»).

Аллагьасе ﷻ гIоло ццим бахъин буго, муъминчиясул хехдари лъугьараб мехалъ: мунагь гьабулеб бихьидал, диналдехун адаб гьечIолъи гьабулелъул, бусурбанчиясе зарал гьабизе яги гьесул мал-мулк жиндиего бахъизе къасд гьабулелъул.

Гьезда релълъарал бакIазда ццим бахъиналъ зарал гьабуларо, гьелъул гIаксалда, ккараб лъугьа-бахъин битIаралде бачин ва хIакъикъат цIунилъун ккола. Гьединго, гьединал хIалазулъ лъугьарал заралиял хIасилал ругони, гьезул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абурабги буго: «Жиндирго мал-мулк цIунулаго хварав чи вугони, гьев шагьидлъун рикIкIуна», - ян (Тирмизи).

Ццим бахъиндал гьеб къинаби гIицIго черхалъул тIабигIиял хиса-басиял чIезари гуро бугеб, гьел хIакъаб рахъалдасан битIараб жоялде руссинари буго. Диналъ бицуна щулияв муъминчи гьев ццимго бахъунарев чи гурин, ццим бахъараб мехалъ шаргIалъ рихьизарурал гIурхъаби рахунарев, Аллагь ﷻ вукIинги ракIалда цIунун, Гьесул ﷻ разилъи щолелда чIолев чи вугин.

Цо нухалъ имам Абу ХIанифахъе щола хабар караваназул къапилаялда гьоркьоса гьесул къайи тIагIанин абун. Гьеб мехалъ Абу ХIанифаца абуна: «АлхIамдулиЛлагь», - ин. ГIемер заманго инчIого кIиабизеги хабар щола къайи батанин абун, имам Абу ХIанифаца гьеб мехалъги абуна: «АлхIамдулиЛлагь», - абун. Щай дуца тIоцебесебги кIиабилебги нухалъ цого къагIидалда «АлхIамдулиЛлагь» абурабин гьикъидал, гьес жаваб кьола: «Дица дирго рекIеде балагьи гьабуна гьел тIагIарал жал сабаблъун кигIан дир хIал хиси гьениб лъугьунебали. Дида гьениб абизегIанасеб хиси лъугьун халлъичIо. Гьеб тIагIараб къайи батидал, кIиабизеги валагьана дун гьениве, кигIан ракI гьелдаса бохун бугищали халгьабизе, гьеб мехалъги ракI абизегIанасеб хIалалъ бохун батичIо. Гьелъ абуна дица кIиябго нухалъ «АлхIамдулиЛлагь» абун.

Гьединаб букIуна хIакъикъиял чагIазул жидер дунялалъул тIалабазе гIоло ургъел гьабунгутIиги, гьел тIагIунин абун ццин бахъун, чIвачIвадун, хIал хисунгутIиги.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...