Аслияб гьумералде

Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби

Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби

Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер гIамалазде балагьун, нилъеда тIад гьединалго церехъабиги тола. Нилъее бокьула гьел какизе. Амма кIочон тезе бегьуларо кинабниги жо ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ къадаралда билълъанхъулеблъи. Гъварилъуде раккани, гIайиб нилъедаго батула. Нилъер гIамалал - нилъер церехъаби ккола. Кинниги гьеб къабул гьабизе захIмалъула.

 

Абубакар, ГIумар, ГIусман ва ГIали гIадал церехъаби кьуна халкъ Аллагьасухъ ﷻ гIенеккулел рукIиналъ. Аллагьасде ﷻ халкъ гIасилъизе байбихьидал гьезда тIад ругел чагIиги хисула. ГIилла нилъелъго букIин Аварагасги ﷺ бихьизабуна. Аварагас, ахирисел къояз унтидал, ансаразе васият гьабуна. Гьелда хадуб ибну ГIаббасица Аварагасда ﷺ гьарула къурайшиязеги васият гьабеян. Аварагас ﷺ абурал рагIабазул цоял ккола, гIадамаз лъикIлъаби гьаруни гьезда тIад тарал церехъаби лъикIал рукIунин абун. Амма гьез квешал гIамалал гьаруни, гьезда тIад тарав цевехъан зулму гьабулев чи вукIуна. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Гьедин нижеца ихтияр кьола зулмучагIазе тIад кверщел гьабизе, гьез гьабураб жоялъе гIоло» (сура «АнгIам», аят 129).

Гьелъие тафсир гьабун ибну ГIаббасица абуна: «Аллагьасе ﷻ халкъалъе лъикIлъи бокьараб мехалъ, гьезда тIад лъикIал чагIи тола, амма Аллагьасе ﷻ гьезие квешлъи бокьараб мехалъ гьезул квешал тIад тола», - ян. Гьаб тафсиралда рекъон халкъалъ зулму гьабуни, гьезда тIадги тола зулму гьабулел чагIи. ТIад тарав чиясул зулмуялдаса хвасарлъизе бокьани, щивав чияс жинца гьабулеб зулму тезе ккола.

ХIадисалда буго: «Нуж кинал ратаниги, гьединал чагIи рукIине руго нужеда тIад», - ян. Гьелъул магIна ккола ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ халкъ хIинкъулеб бугони, гьезда тIад Аллагьас ﷻ тола Жиндаса хIинкъулев чи. Амма гIадамаз цоцазе зулмуги мунагьалги гьарулел ругони, Аллагьас ﷻ гьезда тIад Жиндаса хIинкъуларев чи тола. Цо нухалъ рагIидал зулму гьабулев цевехъан ХIажаж какулев чи, гьесда цояс абула гьедин гьабугейин ва ракIалде щвезабула цебе бицараб хIадис. Нилъее рекъола тавбуялде руссине: «Я Аллагь , нижер мунагьал сабаблъун нижеда тIаде тIамуге Дудаса хIинкъуларев чи», - ян. Аварагасги ﷺ гьелде гьесизарун абуна, нужеда тIад зулму гьабулев цевехъан тани, нужерго нафсалъул гIунгутIабазде руссайин, гьеб букIине рес бугин нужеца цоцазе гьабураб зулмуялъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...