Аслияб гьумералде

ЗухIаялъул как

ЗухIаялъул как

ЗухIаялъул как

Аварагас ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб суннатал каказдасан ккола зухIаялъул какги. Гьелъул гIуж байбихьула бакъ хочол къадаралъ тIаде баккаралдаса, ай къалъул гIуж щвезегIан. Бищун гьеб базе беццараб заман ккола къоялъул ункъил бутIагIанасеб мех индал.

 

Гьелъул бищун дагьаб къадарги кIиго ракагIат буго. Камилазул бищун дагьаб ункъо ракагIат, цинги анлъго, цинги микьго. Бищун гIемераб ва камилаб къадаралъул рахъалъ гIалимзабазул хилаф ккана. Гьелъул бергьараб микьго ракагIат бугин абураб рагIи буго. АнцIила кIиго ракагIат бугин абулел гIалимзабиги руго.

Ибну ХIажарица хъван буго: «Аварагасда ﷺ нахъвилълъун гьабулеб дагьаб къадаралъухъ кири цIикIкIун щола гIемераб къадаралдасаги», - ян. («Ашрафул Васаил»)

Гьелъул магIна ккола, масала, Аварагасги ﷺ микьго ракагIат балааниланги абун, дицаги микьго ракагIат базе бугин бараб зухIаялъул какихъ кири цIикIкIун щолин анцIила кIиго ракагIат баялдасаги абураб. Нилъер умумузги цIакъ тIадчIей гьабулеб букIун буго зухIаялъул какда. Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Дир гьудулас (хирияв Бичасул Расулас ﷺ) лъабго жо васият гьабуна дие: «Щибаб моцIалъ лъабго къоялъ как бай, зухIаялъул как бай ва витру бан хадуб кьижизе вахин», - ян.

ГIабдуллагьил яс МугIазатица бицана: «Жинца ГIаишатида цIехана: «Аварагас ﷺ зухIаялъул как балаанищ?» - илан. Гьелъ абуна: «Балаан ункъо ракагIат, мех-мехалъ Аллагьасе ﷻ бокьухъе цIикIкIун ракагIаталги ралаан», - илан. Гьаб хIадисалдасан бичIчIула гIемерисеб мехалда Аварагас ﷺ зухIаялъул ункъо ракагIат балеб букIараблъи. 

ЗухIаялъул как балелъуб кIи-кIи ракагIаталдаса салам кьун бараб лъикIаб буго. Какие ниятги гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна зухIаялъул кIиго ракагIаталъул суннатаб как базе, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ», - абун.

ЗухIаялъул какил хиралъиялъул  бицун Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисал рачIана. Аварагас ﷺ абуна: «ЗухIаян цIар бугел каваби руго Алжаналъур. Къиямасеб къоялъ Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун малаикас ахIула: «Кир ругел нуж, зухIаялъул как балел рукIарал, Аллагьасул ﷻ лагъзал!? Гьаб буго нужер каву. Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун лъугьа гьенисан», - илан. 

Инсанасулъ 360 лага буго ва щибалдасан къойил кьезе кколеб садакъаги буго. ЗухIаялъул какил кIиго ракагIаталъ гьеб садакъаги жанибе бачуна.

 

Жабир Мажидов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...