Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ агьлу бокьи

Аварагасул ﷺ агьлу бокьи

Аварагасул ﷺ агьлу бокьи

Авараг ﷺ вокьи ва гьесда нахърилълъин иманалъул гIаламатлъун ккола. Авараг ﷺ вокьидал, гьесда хурхарабщинабги нилъее бокьизе ккола. Хасго Аварагасул ﷺ агьлу-хъизан ва гIагарлъи.

 

ГIумар-асхIабас, Аварагасул ﷺ имгIал ГIабасида абула, дур Ислам дие цIикIкIун бокьула дир инсул Исламалдаса (босун букIарабани). Щайгурелъул, ГIабасил Ислам Аварагасе ﷺ цIикIкIун хириябги бокьулебги букIиналъ.

Анас ибну Маликица абула, Аварагасе ﷺ хъабахъ бокьулеб бихьидал диеги гьеб бокьанин. Анасие хъабахъ берцинлъиялъе ва тIагIамалъе гIоло бокьичIо, хасгьабун Аварагасе ﷺ бокьулеб букIиналъ бокьана. Гьединлъидал нилъеца лъазабизе ккола Аварагасе ﷺ бокьулеб букIанщинаб. Гьеб рокьиялъ нилъ тIамула Аварагасул ﷺ суннат цIунизе. Нилъер рокьи загIипаб батани, гьеб бараб буго Аварагасул ﷺ гIумру лъангутIиялда. Щайин абуни, чара гьечIого Авараг ﷺ вокьула Гьесул лъикIал тIабигIатал лъарав чиясе.

Имам Зугьрияс абуна: «ГIали ибн ХIусейнидаса къурайшияздаса гьоркьоса хирияв чи вихьичIо. Гьесул цIар рагIидал, гIодулаан», - ян. Гьесда абула Зайнул ГIабидин абунги.

СагIид ибну Мусаябица абуна ГIали ибну ХIусейнидаса варагI цIунарав чи вихьичIилан.

Имам Бухарияс ГIукъбат ибну ХIарисидасан бицана: «Абубакар-асхIаб цо нухалъ бакъанил какги бан къватIиве вахъуна. Цинги вихьула ХIасан, лъималгун цадахъ, васандулев. Горбода гьевги ваччун, Абубакарица абула: «Гьев Аварагасда ﷺ релълъарав вуго, инсуда ГIалида релълъарав гьечIо», - ян. Гьеб мехалда ГIали-асхIаб велъулев вукIана. Гьеб букIана Абубакаридаги ГIали-асхIабидаги гьоркьоб бугеб рокьи. ХIатта ГIали-асхIабас жиндирго васазул цоясда Абубакар абун цIар лъола. Гьелдаса хадуб ГIали-асхIабас тарбия кьола Абубакарил цояв васасе ва гьесул тIалабги гьабулаан. Гьединаб букIана гьезул цоцазул ургъелги, тIалаб гьабиги ва гьоркьоб бугеб рокьиги.

Гьединго ГIали-асхIаб вукIана кIварабгIан кумек гьабулев ГIумар-асхIабасе. Гьелъ ГIумар-асхIабас абулаан, ГIали вукIинчIевани ГIумар гьалаглъулаанилан. Умму Кулсум абурай гьесул яс ячуна ГIали-асхIабица. Гьелъ тIоритIел гьабула ГIали-асхIабас гьев кIодо гьавулев вукIин.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....