Аслияб гьумералде

КIалалъул пайда

КIалалъул пайда

Рамазан моцIалъ кIал кквезе тIадаб буго балугълъиялде вахарав, гIакълуялда вугев, сахав ва сапаралда гьечIев бусурманчиясда. КIал кквеялъ инсанасул рухIияб рахъалъе гуребги чорхоеги мадар гьабула. ГIалимзабаз абулеб буго рамазан моцIалъ кIал кквеялъ лъагIалие гIураб щулалъи бачIунин чорхолъейилан абун. Гьединго чорхолъа инарула загьруял жал.

Квен-лъиналдаса цIунун чIеялдалъун кIал ккурав чиясул чорхолъ ругел киналго сурсатал хIалтIула. Гьелъул хIасилалда кьаралъи дагьлъула ва заралиял жал къватIире уна.

Иммунитет щулалъула. БитIун кIал ккурав чиясул иммунитет щулалъула, ай ифтIар-сухIуралда зарал гьечIеб квен гIорхъи-рахъ цIунун кванаялдалъун.

КIал ккурасе цIа-кан бахин бигьалъула. ГIалимзабаз чIезабун буго кIал ккун вугеб мехалда чорхолъ ругел цIа-каналъул процессал (восполнительнияб процесс) ва аллергиялъул реакциял тIагIунин абун. Гьездасан ккола артрит, псориаз ва гьелда релълъарал унтаби.

ТIомол ва беразул хIал лъикIлъула. КIал ккурав чиясул чорхолъ лъугьунел хиса-басияз тIом ва берал рацIцIад гьарула. КIал ккун хадуб инсанасул берзул хъахIлъи гвангъун ва бацIцIалъун букIунеблъи чIезабуна гIалимзабаз.

Инсулиналдехун асар цIикIкIуна. Инсулиналдехун клеткабаз асар гьабиялдалъун кванан хадуб бидулъ чакар низамалда чIезабула ва гьеб сабаблъун цIекIгьаналде кколеб хIалги дагьлъула.

Бидул тIадецуй гIорхъода чIезабула. КIал ккурасул бидул тIадецуй цIикIкIараб букIунеб батани, кIал биччалалдехун гьеб низамалде бачIуна. Бакъараб чорхолъ бидул тIадецуй дагьлъула кIал кквеязда гьоркьоб кванил низам берцинго цIунани.

Квен бихIинабиялъул къагIида. Рамазан моцIалъ битIун кIал ккурав, ай кIал биччайдал чехь бихъиледухъ кваначIого чIарав чиясул кванирукъалъе хIалхьи щола. Сахаб соналъ цIовухъе букIараб кванирукъ рамазан моцIалъ хIухьбахъиялда букIуна.

Чорхол цIайи дагьлъула. Ракъиялдалъун черхалъ байбихьула кьаралъи бихIинабизе.

Квешал гIамалал тезе кумек гьабула. Хъалиян бухIи, мехтелал гьекъей ва цогидалги квешал жал кIал ккурав чияс гIезегIанго тола. Гьединлъидал гIемерисел гIадамаз рамазан моцI байбихьиялдалъун ният лъола квешал пишабиги тезе. Аллагьас ﷻ киназего кумек гьабеги.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...