Аслияб гьумералде

Кваназеги лъазе ккола

Кваназеги лъазе ккола

Кваназеги лъазе ккола

Байбихьуда «Бисмиллагь», ахиралда «хIамд». Жабиридаса бицана жинда рагIанин Бичасул Расулас ﷺ абулеб: «Чи рокъове лъугьунелъул ва кваналелъул Аллагь ﷻ рехсани, шайтIаналъ (жиндирго тIанчIазде) абула: «Нужее сордо базе бакI ва кваназе квен гьаниб гьечIо», - ян. Жаниве лъугьиндал ва лъугьунаго Аллагь ﷻ рехсечIеб мехалъ шайтIаналъ абула: «Нуж сордо балеб бакIалде щвана», - ян. Кваназе байбихьулелъул Аллагь ﷻ рехсечIеб мехалъ абула: «Нуж кваналеб ва сордо рогьине рес бугеб бакIалде щвана», - ян (Муслим).

 

Аварагас ﷺ абунин МугIаз ибну Анасидасан бицана: «ТIагIам кванан хадуб жинца: «АлхIамду лиЛлагьи ллази атIгIамани гьаза ва разакъанигьи мин гъайри хIавлин минни ва ла къувватит», - абуни, гьесул мунагьал чурула», - ян (Абу-Давуд).

Кванде гIайиб чIвангутIи. Абу-Гьурайратидасан бицун буго, Аварагас ﷺ киданиги кванде гIайиб чIвачIин абун. Кваназе бокьани гьес кваналаанин, бокьичIони - жибгоги толаанин абун.

Жабиридасан бицун буго, Аварагас ﷺ агьлуялда цIеханин кваналеб жоялде дандежоялъул. Жаваб гьабун гьез къанцIа гуреб жо гьечIин абуна. Цинги Аварагас ﷺ цебе босеян абуна ва кваназеги лъугьана, «дандежоялъе къанцIа лъикIаб, дандежоялъе къанцIа лъикIаб», - инги абулаго. (Муслим)

КIал ккурав чиясда кваназе вачIайин аби. Абу-Гьурайратидасан бицун буго, Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абунин: «Нужер цонигияв ахIидал, нужеца жаваб гьабе. КIал ккун ватани, гьев чиясе дугIа гьабе. КIал кквечIого ватани, кваназеги кванай», - абун (Муслим).

Жиндаго цебеса кванай. Ибну ГIабасидасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Кваналеб жоялдаса баракат рещтIуна. Нужеца кваналеб жо (нужедаго цебесеб рахъалда бугеб) цIарагIалъул рагIалдаса босун кванай, цIарагIалъул бакьулъа (нилъедаго цебе бугеб босичIого, доре-гьанире кверал регьун) босун кванаге», - ян (Тирмизи).

Сунда ругониги раччун кванангутIи. Вагьбу ибну ГIабдуллагьидасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Нуж сунда ругониги раччун кванаге», - ян абун (Бухари).

Килщал чIикIи ва цIарагI бацIцIад гьаби. Жабиридасан бицун буго, Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ амру гьабулаанин килщал ва жаниса кванараб цIарагI бацIцIад гьабейин, гьел чIикIиялдалъун. Гьес ﷺ абуна: «Нужеда лъаларо кинаб тIагIамалъулъ баракат бугебали», - ян (Муслим).

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...