Аслияб гьумералде

Жиндир ругъун нахъе хутIулеб

Жиндир ругъун нахъе хутIулеб

Абугьурайратица бицун буго цо нухалъ Аварагасухъе вачIанин цояв ва абунин: «Я Аллагьасул расул , цо кинаб бугониги малъа-хъвай гьабе дие», - ян. Абулелъулги гьев чи ццим бахъун вукIинчIо, гIодове виччан вукIана.

 

Аварагас ﷺ абуна: «Ццим бахъине биччаге», - ян. Гьев чи вукIана жеги Аварагасда ﷺ аскIове вачIун нижеда вихьичIев чи. БукIаниги гьев Аварагасухъе ﷺ вачIана ва малъа-хъвай тIалаб гьабуна гьесдаса. Гьеб малъа-хъвай гIарабиясе гIечIо ва гьес нахъеги чанго нухалъ гьарана Аварагасда ﷺ жиндие малъа-хъвай гьабеян. Аварагасги ﷺ щибаб нухалъ ццим бахъиналдаса цIунеян малъана гьесда. (Бухари).

Щайха Аварагас ﷺ ццим бахъиналдаса цIунеян малъараб гьев чиясда. Щайин абуни, ццим бахъин буго чиясулъ би гьалдон, дандияздаса рецIел босиялде рачунеб гIамал. Нилъеда лъала ццим бахъиндал гIодове виччазавизе кIоларого щиб хIалалда чи вукIуневали.

Аварагас ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Нужеца цIуни гьабе ццим бахъиналдаса. Щайин абуни, гьеб буго Адамил лъимадул рекIелъ боркьун бакараб тIурччи. Ццим бахъараб мехалъ нужеда бихьуларищ кин гьесул тIом багIарлъулебали ва бидурихьалги понцIон рачIунелали», - ян (Абу-Давуд).

КIудияв гIалим ХIамид ибну ГIабдуррахI-маница хъвалеб буго: «Гьел Аварагасул ﷺ рагIабазда тIад ургъараб мехалъ, дида бичIчIана ццим бахъин кинабниги квешлъиялъе сабаблъун бугеблъи. Щайин абуни, чиясул ццим бахъараб мехалъ гьесда бичIчIуларо щиб абулеб ва гьабулеб бугебали. Гьединаб хIалалда вукIаго чиясухъа гьабунги ккола тохабщинаб гIамал, хIатта такъсиргицин», - ан.

Гьединлъидал буго Аварагасги ﷺ абураб: «Чи къуватавлъун гьечIо цогиясдаса бергьунев, къуватавлъун вуго ццим бахъараб мехалъ жиндирго напсалда кверщел гьабизе кIолев чи», - ян (Бухари).

Анас асхIабас бицараб хIадисалда буго, цо нухалъ Аварагас ﷺ абунин: «Ццим бахъараб мехалъ гьеб къинабулев чиясдаса, Аллагьасги ﷻ жиндирго гIазаб нахъчIвала. ХIажат гьечIеб бициналдаса жиндир мацI цIунулесулги, Аллагьас ﷻ квешлъаби рахчула», - ян (ГIукъайли).

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе ццим бахъунгутIизе ва бахъиндал сабру гьабизе. Лъеца цIа свинабулеб кинниги, сабруги буго ццим бахъиндал гьеб гIодобе биччазабулеб жо.

 

МухIаммадгIариф  Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...