Аслияб гьумералде

Хехал мунагьал

Хехал мунагьал

Нилъ жанир гьаб заман ккола информация хехго тIибитIизабизе рес бугеб. Гьелдаго цадахъ цо-цо мунагьалги хехго тIиритIулел руго. Мисалалъе босани, мацI, гъибат гьаби, нахъасан кIалъай, рогьо бай гIадинал. Чиясул гIайибал ва цере рехсарал гьел мунагьал хехго тIиритIулел руго социалиял гьинал сабаблъун. Гьебги чиясда Аллагьас битIараб нигIмат хIалтIизабизе лъангутIиялъ букIинарищха. Кин бугониги, кIванагIан цIуни гьабизе хIаракат бахъани, хIасил ккечIого букIинаро.

Ибрагьимихъе ТIадегIанав Аллагьас рещтIарал тIанчазда хъван буго: «Жиндир заманаялъ гIакъилав чиясе рекъола цIодорго вукIине, жиндирго ишаздеги вуссун, мацI цIунун, жиндирго рагIабазул ва пишаялъул пикру гьабулев чияс жиндего кколареб жоялъулъ кIалъай гьабуларо», - ян.

Гьединго абуна, цо чиясул гIунгIутIаби дуца къватIир чIвазаруге, нагагьлъун гьаруни, Аллагьас мун балагьалъукье ккезавула ва дов чиясдаса тIасаги лъугьунаян. МацI гьаби цIакъ кIудияб мунагь буго. Гьелъие ТIадегIанав Аллагьас кIудияб хIинкъи кьуна. МацI гьабун гIадамазда гьоркьов хьвадулев чиясда ТIадегIанав Аллагьас кIиго хьит жужахIалъул ретIуна жинцаги гIадалнах гьалдезабулеб.

Сагьлу бин ГIабдуллагь Тустурияс абуна: «Жиндего кколареб жоялъулъ кIалъалев чиясулъ ритIухълъи букIунаро», - ян.

Гьанир ГIали асхIабасул рагIаби рачинчIогоги бегьуларо: «ГIадамазул бищун квешал ккола гьезул квешалщинал жал ракIарулел чи, гьезул лъикIал гIамалалги кIочон тун. Гьев релълъуна тIутIалда, жибги чорокаб бакIалда гурони чIолареб». Жеги абула, гIакъилав чиясул мацI ракIалда жаниб букIунин, ахIмакъав чиясул ракI - мацIалда нахъа букIунин. Гъибат гьаби, нахъасан кIалъай - гьебги ккола чIахIиял мунагьаздасан.

ГIабдуллагь бин ГIаббасица абуна: «Дудаса цо чи ватIалъидал гьесие бокьулеб жо бице гьесдасан, дудасанго бицине бокьулареб жо дуцаги те», - ян. Жеги абуна цо чиясул гIайибал рехсезе бокьидал дуралго ракIалдещвезареян. ГIемер кIалъаялъулъ, къваригIел гьечIеб калам бициналъулъ щибниги хайир гьечIо.

Аллагьасул вали Абу ХIатимица абуна: «Хайир щолеб даран ккола Аллагь рехсей ва хайир кколареб даран ккола гIадамал рехсей», - абун.

Юнус бин ГIабидица абуна: «КъваригIел гьечIеб жоялъулъ кIалъачIого чIей хирияб буго цо къоялъ кIал кквеялдаса», - ян.

МухIаммад бин ГIажланица абуна: «КIалъай буго ункъо жоялъулъ: Аллагь рехсей, Къуръан цIали ва гIелму цIехей яги дунялалъул къваригIараб жоялъулъ кIалъай», - ян.

Имам АвзагIияс абуна: «Муъминчияс калам дагь гьабула ва гIамалал гIемер гьарула, мунапикъас калам гIемер гьабула, амма гIамал дагь гьабула», - ян. ТIадегIанав Аллагьас нилъее тавпикъ кьеги кьурал нигIматал ритIун хIалтIизаризе. Амин!

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...